Халип:Портал:Дагъистан/ТІассавищарав гІадан

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

МухIамад–СагIид Шамил яги СагІид-Бей (тур. Said Bey) (I90I-1981) - Бергьарав сиясатчи, имам Шамилил ахирисев ирсилав. Гьавуна 1901 соналъ Мадина шагьаралда, Шамил имамасул бищун гьитIинав вас МухIамад–Камилилги черкесай Нажибатилги хъизамалда. МухIамад–СагIид гуревги гьезул рукIана ясал–Нажабатги (I899–I983) Нажияги (I9I6–I983) ва гьитIинго хварав вас Жамалудинги. ГІусманиязул Империя бихун хадуб, МухIамад–Камил хъизангун цадахъ гочана Истамбулалде. Гьениб МухIамад-СагIидица лъугIизабуна Галатасарай лицей.


(жеги…)