Нуцал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Аваристаналъул Нуцал
Нуцалзабазул дугъ (гьанжесеб реконструкция)
Тайпа Монархия
Статус Пачалихъалъул бетӀер
Резиденция ТӀануси, Хунзахъ
Хъулухъ гӀуцӀи VI гӀ.
Хъулухъ хвезаби 1863
Аваразул байрахъ. Гьанжесеб реконструкция

Нуцал — жал Сариралъул бутӀрузул ирсиллалъунги кколел рукӀарал, жидер резиденцияги цин ТӀануси, хадуб Хунзахъ шагьаралда букӀарал Аваристаналъул бутӀрузул букӀараб титул.

Бещун тӀоцевесев нуцаллъун рикӀкӀуна VI гӀасруялда вукӀарав Авар-хан. МухӀамад Рафиясул «Дагъистаналъул тарихалда» Нуцалзабазул наслу байбихьулеб буго ГӀарацханидаса (ГӀарацхан Ӏ),живги VII гӀасруялда вукӀарав[1].

Аваристаналъул бищун къуватав ва рагӀи билӀарав нуцаллъун вукӀана КӀудияв ГӀумахан,[2] жиндир заманалда Авар нуцаллъиялъул пачалихълъиялъул цебетӀейги, сиясиябгин экономикияб къуватги завалалда букӀарав.

Ахирисев нуцаллъун вукӀана Мехтулиса Ибрагьимхан (1859 – 1863). 1863 соналъ Авар нуцаллъи тӀубанго Россиялъул империялде гъорлъе ана.

Титул бачӀараб бакӀ[хисизабизе | код хисизабизе]

Нуцал абураб титулалда ва гьеб бачӀараб бакӀалда сверун ругел суалазе мухӀканаб жаваб гьечӀо. Цо-цо гӀелмияб цӀех-рех гьабулез рикӀкӀунеб буго гьеб титул гуржи мацӀалъул «нацвал» абураб рагӀиялдаса бачӀин.[3][4] Амма гьеб теория битӀараб букӀин цӀакъ щакаб буго, щай абуни гьеб термин Гуржиялъ къанагӀатгицин хӀалтӀизабуларо стратификациялъул номенклатураяла. Гьеб рагӀул этимология балагьизе ккола жибго Авар мацӀалда, жинда жаниб -ал ахир бугел рагӀаби гӀезегӀан ругеб. ГӀинтӀамизе ккола авар мацӀалда «нуцал» абулеб термин гӀадин «нуцияв» абураб терминги хӀалтӀизабулеб букӀараблъиялъухъ.[a][5] Гьеб терминалъулгун релълъенлъи гьабула хадусел терминазги: «нусияв», ай нусил бетӀер, ва «нуцӀияв» — нуцӀа цӀунулев. Гьеб кӀиябго версиялъ бихьизабулеб буго «нуцӀияв» абулеб термин бетӀерав нухмалъулесде абулеб «нуцал» терминалде цебетӀей. Гьеб пикру хӀакълъула Авар пачилхъ жиндир байбихьуда жиндирго хьундасел гӀорхъаби гочарухъабаздаса цӀунезе гӀорхъодасеб пачалихъ хӀисабалда Сасниязул Ираналъ кумек гьабун гӀуцӀун букӀин рикӀкӀиндал.[6]

Нуцалзабазул сияхӀ[хисизабизе | код хисизабизе]

ЦӀар Нуцаллъиялъул заман Баянал
Авар хан VI гӀ.
Лъаларел нуцалзаби
ГӀарацхан Ӏ VII
Хидиршагь VIII
Тараз
ГӀабас IX
Сапишагь
Хаважах
ПиргӀавн X
ГӀамир
Сайгид
Тагьмаз XI
Пардин (Перид)
Байсар Ӏ
Намруд XII
Кад (Бакир)
Пирудшагь
ГӀумахан
ГӀарацхан Ӏ XIII
Саратан Ӏ
Суракъат Ӏ
АхӀмад
Абу-Муслим
Байар II I Суракъатил вас
Масумбек
СултӀан ибн Масумбек
Чупан ибн СултӀан
ГӀамирахӀмад ибн Чупан
ГӀамир-СултӀан Ӏ 1272 - 1295 Байярил вас
Малик Саратан Ӏ гӀ.-ш. 1295 - гӀ.-ш. 1318
Лъаларел ханзаби
Суракъат ӀӀ 1353/1354 ?
Саратан ӀӀ
Дугърихан Ӏ
Ибрагьим Ӏ
МухӀамадмирза Ибрагьимил дурц, Дугъриханасул Ӏ вас
Файл:ГӀандуникӀ-нуцал I.jpg ГӀандуникӀ Ӏ 1460 - 1485 Ибрагьимил вас
Булач-нуцал I 1485 - 1510 МухӀамадмирзал вас
ГӀамирхӀамзат-нуцал 1510- 1540 Булач-нуцалил вас ГӀума-нуцаласул вас
Нуцалхан Ӏ 1540 - 1546
ГӀандуникӀ-хан ӀӀ 1546 - дек. 1569
АхӀмад 1569 - 1577
ТӀурарав 1577—1578
МухӀаммад-Шамхал 1578—1589 Нуцалханасул вас Турарасул вас
Канбулак-хан 1589—1595 цеве рехсарасул вас
Шамхалхан I 1595—1596 цеве рехсарасул вас
Ибрагьим II 1596—1605
Магьдихан 1605—1514 вас МухӀаммад-Шамхал
Барти-КӀилъилав 1614—1620 ГӀандуникӀ-ханасул II вас Бартил вас КӀушкӀантӀи-КӀилъиласул вас МухӀамадханасул вас,
ГӀумахан I 1620—1634 Шамхалхнасул вас
ГӀамир ХӀамзат-хан I гӀ. ш. 1634—1646 Барти-КӀилъиласул вас
Молдамирза 1646—1650
МухӀамад-хан I 1650—1656 Барти КӀилъиласул
Дугрихан II 1656—1668 ГӀумаханасул I вас
МухӀамад-хан II 1668—1688 цеве рехсарасул вас
ГӀумахан II 1688—1699 цеве рехсарасул вас
ГӀандуникӀ-хан III 1699—1706 цеве рехсарасул вас
Дугърихан III цеве рехсарасул вац
ГӀумахан III 1706—1707 яги КӀудияв Булач, Дугъриханасул III вас вукӀана
МухӀамад-хан III 1707—1722 цеве рехсарасул вац
ГӀумахан IV 1722—1735 Турурасул вас, Туралазул тухумалдаса
Анкалхан 1735—1740
Нуцалхан II 1740—1744 ГӀумаханасул IV вас
МахӀмудхан 1744—1765
Файл:МухӀамад-нуцал IV БахӀарчияв.jpg МухӀаммад-нуцал IV БахӀарчияв 1765—1774 Булачил ГӀумаханасул вас
ГӀумахан V КӀудияв 1774—1801, апрел цеве рехсарасул вас
Гебек-хан 1801—1802, январ цеве рехсарасул вас
СултӀан АхӀмад-хан 1802—1823 ГӀалисултӀан Мехтулил вас, Бахубикал рос
Сурхай-хан I 1818—1834 Гебек-ханасул вас
Аслан-хан I 1827—1828
Абу СултӀан-хан 1827—1834 СултӀан АхӀмадханасул вас
Баху-бика 1834 ГӀумаханасул V яс
МухӀамадмирза 1834—1837
1837—1859 саназда Авар нуцалъи букӀана Хьундасеб Кавказалъул имаматалда гъорлъ
Ибрагьим-хан Мехтулиса 1859—1863 СултӀан АхӀмадханасул вас
1864 соналдаса байбихьун Авар нуцалъи ана Россиялъул империялде гъорлъе

Комментариял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Мисалалъе, «нуцияв» термин буго рехсон 1761 соналъ Аваристаналъул къади Макъсудица гьабураб хъвай-хъвагӀиялъулъ

ХӀужжаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. МухӀамад Рафи, "Дагъистаналъул тарих"
  2. Краткий исторический взгляд на северный и средний Дагестан до уничтожения влияния лезгинов на Закавказье. Отрывок из рукописи полковника Неверовского. СПб. 1848. с. 33–34.
  3. Криштопа А.Е. О возможном происхождении титула нуцал (гІурус).
  4. Криштопа А.Е. Дагестан в XIII — в начале XV вв. (гІурус).
  5. Хрестоматия по истории права и государства Дагестана в XVIII–XIX вв. Ч. II. С. 6–7.
  6. ХӀапизилазул М-дил Ш. КӀудияв ГӀумахан (гІурус).

Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

Линкал[хисизабизе | код хисизабизе]