ЛъарагӀ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Лъара́гӀ (Starling: ʎaráʕ) – гIатIидаб, тIибитIараб, жинда мугIрул гьечIеб, цодагьал гьетIа-борхи (гохIал) букIине бегьулеб ракьул тIала.

ЛъарагI
ЛъарагI

Авар мацIалда лъагIруда цоги абула: гIатIи́ракь, би́тIи (яги битIе́л), ри́тIи (яги ритIе́л), тIиби́тIи, цIа́нбитIи, би́тIаракь, торгIо́н (диал.), торгIо́гьил (диал.) ва гь.ц. Гьал рагIабац бихьизабула ракьул цIанбитIараб форма букIин, гьенир рорхатал мугIрулги, парсал ва кьураби гьечIеблъи.

Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьаб рагIул этимология жеги кьун гьечIо. Старлингхъвайида рекъон, гьаб хъвала ʎaráʕ-ан абун. РагIул хвалисаб кьучI ккола лъагIру́- (лок. лъагIру́-да, лъагIру́-хъ, хаслъ. лъагIру́-л, кьов. лъагIру́-е ва гь.ц.).