Лаплап

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Лапла́п (Starling: lapláp, хаслъ. лапла́пил, гI.ф. лапла́пал) – цо тIубанго лъулел (сверулел) рухIчIаголъиялъул рехъ. Гьезул милъразда (цересездаги, нахъисездаги) хитинияб кIичч букIуна. Цоцоязда рукIуна цIуцIулел кIалзул аппаратал расгIадаб тIеренаб мащугун. Милъразул щватги рагьиги батIи-батIиял рукIуна: 2 мм-даса бахъараб 28 см-де щвезегIан.

Лаплап
ТIогьода рещтIараб лаплап