Буртиял
Материал из Wikipedia
Буртиял ялъуни Чачанал, ккола нилъеда релъараб, Буртиялъ жумхIурияталда гIумру гьабулеб миллат. Гьезул къадар миллионалдаса хадуб ккола ва гьел Дагъистан тун къватIирехун ругел миллатазда гьоркьоса магIарулазе бищун гIагарал руго.
Геноцид[хисизабизе]
1944 соналъул 23 февралалда чачаналги ингушалги Гьоркьохъеб Азиялде гочинариялъул «Чечевица» абураб операция байбихьана. СССРалъул жанисел ишазул нарком Лаврентий Берияца жинцаго нухмалъи гьабуна гьеб вахIшияб тадбиралъе.