Аминат бинт Вагьб
Напсиял баянал | |
---|---|
поэтесса | |
лъалеб гьечIо | |
Мадина | |
577 | |
Ал-Абваъ | |
гІарабай, къурайшияй | |
Вагьб ибн ГIабдул Манап | |
ПатІимат бинт ГІамр | |
ГІабдуллагь ибн ГІабдул МутІалиб | |
МухІаммад Халип:Сваллаллагьу гӏалайгьи ва саллам | |
ТІадеги баянал |
|
Викигъамас |
Аминат бинт Вагьб (гӀар. آمنة بنت وهب; ?, Макка — 577 , ал-Абваъ) — МухІаммад аварагасул ﷺ эбел, Бану Зугьра тухумалъул цевехъан Вагьб ибн ГIабдул Манапил яс.
Биография[хисизабизе | код хисизабизе]
- Гьайи
Аминат бинт Вагьб гьаюна къурайшиязда гьоркьоб машгьураб ва хIурматияб хъизаналда. Аминатил чIван-къотIараб гьаюраб къо-моцI лъалеб гьечIо [1].
- хъизан
Гьашимиязул тухумалъул цевехъан ГІабдул МутІалибица жиндирго вас ГІабдуллагьие лъадилъун ячана Аминат[2]. Аминат къинай заманалда, гьелъул рос ГІабдуллагьица бича-хисиялъе сапар бухьана Шамалде, кинго Мадинаялде щвечIого гьев хвана[3]. ГІабдуллагь хун кIиго моцI индал Аминатие гьавуна вас, жинда МухІаммад ﷺ абун цIар лъурав. Гьеб заманаялъ къурайшиязул букIараб гIадаталда рекъон, гьитIинав МухІаммад ﷺ кьуна Бану СагІд къабилаялъул гIалхул гIарабазухъе, лъикIаб тарбия щвезе ва пасихIаб мацIалда кIалъазе лъазе. МухІаммадил ﷺ миллат гьабурай гIадан йикIана ХІалимат бинт Абу Зуайб.
- Хвел
Аварагас ﷺ 5 сон бараб мехалъ Аминат захIматго унтана ва гьей хвана ал-Абваъ абулеб бакIалда[4]. Аминат хвана гIага-шагарго 577 соналъ[1].
ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]
- ↑ 1,0 1,1 А. Али-заде 2007.
- ↑ Cook, Michael. Muhammad. — New York: Oxford University Press, 1983. — ISBN 0-19-287605-8.
- ↑ Armstrong, Karen. . — ISBN 0-06-250886-5.
- ↑ аль-Абваъ букIана Мадинаялда ва Маккаялда гьоркьоб
Ссылкаби[хисизабизе | код хисизабизе]
- . — 400 гь. — (Золотой фонд исламской мысли). — 3000 экз. — ISBN 5-98443-025-8.
- Халип:ЭИ/2
- Harv and Sfn no-target errors
- Страницы, использующие волшебные ссылки ISBN
- Алфавиталда рекъон гІадамазул сияхІ
- Википедия:Макъалаби карточкаялда къо-моцІазул кверзул викификациягун
- Хварал 577 соналъ
- Макъалаби цІар гьечІел халипал-карточкабигун
- Алфавиталда рекъон бусурбабазул сияхІ
- Макъалаби гӀараб-мацӀиял тексталгун
- Lang and lang-xx using deprecated ISO 639 codes
- ДугІаязул шаблонал
- Аварагасул хъизан