Перейти к содержанию

The Beatles

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

The Beatles (абул куц /ðə ˈbiː.tlz/, гьединго «Ливерпулалъул ункъилал», Liverpool Four) — Ливерпулалдаса британ рок-группа, 1960 соналъ гӀуцӀараб, элда гъорлӀ рукӀана Джон Леннон, Пол Маккартни, Джордж Харрисон ва Ринго Старр. БатӀи-батӀияб мехалда рукӀана гьединго Стюарт Сатклифф, Пит Бест и Джимми Никол. The Beatles'алъул цӀикӀкӀанисел композицияби гьарурал руго цадахъавторлъиялда, Джон Леннонилги Пол Маккартнилги цӀараздалъун гъоркьхъвайгун. Групалъул дискографиялда буго 13 официалаб студияб албум, 1963–1970 соназда къватӀибе биччараб, ва 211 кечӀ.[1]

«Битлз» къокъаялъ цадахъ хӀалтӀи чӀезабуна 1970 соналда, Пол ва Джон жидерго проектазда хадур лӀугьун рукӀаниги, бищун дагь босун 1967 соналдаса нахъе. Биххун хадуб музикантазул щивас халат бахъинабуна жидерго солояб кариера. 1980 соналда чӀвана Джон Леннон Ню-Йоркалда жиндирго рукъалда аскӀов, 2001 соналда Джордж Харрисон хвана рак унтиялъ . Пол Маккартни ва Ринго Старр руго жеги гьунарияб хӀалтӀулӀ, концертал кьолел ва цӀиял музыкалиял асарал ургъулел.

Элвис Пресли ккола Джон Ленноние бищунго кӀудияб асар гьабурал музыкантазул цояв .

1950-абилел соназул бащалъуда дунялалдаго цӀар щвана к-н-роллалъе. ТӀоцебе гьеб музыкалияб багъа-бачаруе цебетӀей щвана Цолъарал Штатазда Литл Ричардил, Джин Винсентил ва Эдди Кокранил хӀаракаталдалъун. 1954 соналъ Билл Хейлица ва гьесул «Comets» кхокхаялъ хъвана «Rock Around the Clock» абураб кечӀ, ва лъагӀалидасан, аслияб куцалъ School Jungle абураб филмалъул квекудалъун, цӀиял ритмал щвана Англиялъул рагӀаллъуде.[2]

Дунялалдаго рок-н-ролл тӀибитӀуе кӀудияб асар гьабунаЭлвис Преслица, жиндир дебютияб композиция «Heartbreak Hotel» 1956 соналда бахъараб. 1956 соналъул февралалда, Ливерпулалда гӀагарлъухъа, Волтоналдаса, Quarry Bank школалъул цӀалдохъан Джон Леннонида гьеб рагӀана радиоялдасан ва гьесул рокьи ккана гьеб музикалъухъ. Живго Джоница ракӀалде щвезабулеб букӀахъе: «Элвисидаса цебе дие унго-унгояб асар щибго жоялъ гьабулеб букӀинчӀо».[3]

Групалъул гӀуцӀи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Аслиял гӀахьалчагӀи

  • Джон Леннон — вокал, гитара, клависиял, кӀутбузулаб гармоника, бас-гитара (1960—1969; хвана 1980-лъ)
  • Пол Маккартни — вокал, бас-гитара, гитара, клависиял, кьабулал (1960—1970)
  • Джордж Харрисон — гитара, вокал, ситар, клависиял, бас-гитара (1960—1970; хвана 2001-лъ)
  • Ринго Старр — кьабулал, перкуссиониял инструментал, вокал (1962—1970)
  1. ^ Johansson 1999.
  2. ^ Дэвис 1990.
  3. ^ Бондаровский 1991.