Перейти к содержанию

Гени

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
(«Pyrus» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Гени
ГенугъотӀол тӀегь (икьукьи)

Ге́ни (лат. Pyrus) – гургинккараб ва ахадасан гӀатӀилъун бачӀунел пихъазул гъветӀ гун гьелъул пихъ.

Гьезде латиналъ абула Rosaceae, тӀегь икьукьидул тайпа букӀиндал. ГъотӀол рижидул бицунеб бугони, ге́нугъветӀ абула, пихъил бицунеб бугони – жибго ге́ни.

ЛӀугьана рагӀи инс-авар-гӀандимацӀалъул кьолбодасан. Рорце гӀандиял формаби: гӀанд., кӀкӀаратӀ. hĩhĩ, гьахьв. hĩhʷ, тӀинд., багул. hĩha, гъодоб. hĩhu «гени» < инс-гӀанд. *hinhV. Цинги инс-кавказияб *ɣōnʡV «гени» абураб кьолбодасан (гьелдасанго лӀугьана инс-цез. *hĩ «гени» > бежтӀ., гьунз. hĩ; инс-нахаб *ʁam-maʁa > чачан. ʁammaʁa «микьир», гъалгъ. ʁamaʁa «курак»).

Ботаникияб сипат-сурат

[хисизабизе | код хисизабизе]

ГъутӀби рукӀуна батӀи-батӀиял щватазул, гӀемерисеб бутӀаялъ чӀахӀиял хъархъал, цо-цо зазгунал. Кьибил гъваридго ракьулӀе араб букӀуна, амма гӀаркьахин гӀемер бицин бегьулеб къагӀидаялъ тӀибитӀуларо.

Щватщун гӀун бачӀинеб гъотӀол кар яги пирамидагӀадинаб, яги гургинго араб букӀуна, гьелъие ризлъизе бокьула. ЛъагӀалида 30-40 см бахуна. КокӀаби гьечӀого гӀезе щванани, генугъветӀ гӀезагӀанго эхеде уна – 5-25 м-лъ халалъуде ва 5 метралъ карал диаметралдаги.

ТӀанхал рортанхъула. ТӀанхичӀчӀей букӀуна спиралияб 5 иргаяб. ТӀамах гӀатӀидаб, ханибегӀаб формадулаб (2,5–10 см халалъул), тӀаса къокъгобалаб; бецӀгӀурччинаб кьерадул, кенчӀолеб, гъоркьисрахъ хъахӀилккун-гӀурччинаб, хасалихъмехалде – меседилгун-канчӀтӀогьилаб.

Генул букӀдул, цоги гӀагарал гъутӀбузулгогӀадин, рукӀуна кӀиго тайпадул: вегетативиял ва генеративиял. Вегетативиял букӀдул гӀисинал ва бегӀерккарал, генеративиял – чӀахӀиял ва ба́лхварал. КъватӀисел батӀалъаби гьеб кӀиябго букӀдузул тайпабазул цӀикӀкӀуна гьел лӀугьарал мехалдаса байбихьун, гьезулӀан къватӀире кӀвагьщал кӀанцӀулеб мехалде щвезегӀан.

ТӀегьайдул мехги формаги: апрел-май, тӀугьдул хъахӀал, 3 см диаметралде, 5-тӀогьотӀанчилал, лъаб-лъаб яги ичӀ-ичӀ чодрохьопазда ругел. Цо гинецейиниб 2-даса 5-де бахараб пестикалги рукӀуна.

Пихъ букӀуна эхедецӀазабураб формадул, гъоркьан тӀибитӀун араб. Руго гургин генул сорталги. Генул пихъилӀ букӀуна цӀакъго лъалеб мугьахараб ччобори. Гьеб буго ганчӀахӀалал клеткабац (склереид) гьабулеб жо.

ТӀибитӀи ва экология

[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀалхулго бижараб гени Европалда тӀибитӀун буго шималияб ширатадул 60°-де щвезегӀан. Шималияб гӀорхъода цӀакъ лъедерго бижула.

2006-б соналъ цӀалунчагӀаз рахъана квачадукь хӀинкъуларел генул сортал. Гени эффективго гӀезабула Уралалда ва Магъриб Сибиралда ругел ахазда (55° гӀунтӀизегӀан ш. ш.).

Расиядул Дальни-Востокалдаги, Китаядул шималгун-бакъбаккудги, цинги Кореялдаги баккула цӀакъго чӀара-хьараб, цӀоройдукь хӀинкъулареб генул бегӀ – уссурияб гени.

Гьанже генул тайпаби ана азаридаса рахун гӀемерлъун.

— Ге́нуб абураб росдал цӀар лӀугьана ге́ни абураб кьолбодасан, тӀаде -б локативги жубан. Гьелда рекъон, Ге́нуб ккола «жаниб гени бугеб [бакӀ]», дагьги цӀезабун абуни, «гени баккулеб яги гӀезабулеб бак». Генуб росдал чагӀазде гена́л (хас. генде́рил, кьов. генде́рие, акт. генде́рица) абула. Гендерил къварилъухъа буго гьабсагӀалъги генурохь (гени бижулеб рохь), амма гьелъул цебе букӀараб бегӀ хвезабуна дагьанахъе гьабураб болнухлуца.

тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.