Эпепо
Эпе́по (латин: Colútea arborescens) — Fabaceae хъизамул рижунжазул регӀ, Colútea-лъул типалъул регӀ. Халатаб, тӀамах гъунеб хьуй. РегӀулӀ уна кӀиго батӀияб гъоркьрегӀ — Colutea arborescens subsp. arborescens гун Colutea arborescens subsp. gallica Browicz.[1]

ЦIар
[хисизабизе | код хисизабизе]Жибго цӀар, бихьухъе, авараб буго, гӀагарал формаби гӀанди мацӀазулӀ руго. Авараз гьелде цоги кьвагье́ро абула.
ЧӀезабураб этимология гьечӀо, хӀо авар эпе́по [epépo] форма дандеккола гӀанди мацӀазулалгун: багвал. бебо [bebo] (багвал. диал.: лъис. бибо [bibo], кван. абабо [ababo], гьинд. абабибо [ababíbo]), кӀкӀар. гӀабубу [ʕabubu], балъхъ. абабе [ábabe] (балъхъ. миарс. гӀапапу́ [ʕapapú]) «эпепо».
Сипат-сурат
[хисизабизе | код хисизабизе]ТӀамах гъунеб, хеккого гӀолеб, канлъи бокьулеб, багӀарукь хӀинкъулареб гьарш-гьаршарал гӀаркьалабазул 4-5 м. бахунеб хьуй. Май-июналъ тӀегьала.[2]
ТӀанхазул форма букӀуна эллиптикияб яги ханибегӀаб, гьезул халалъи 1,5—3 см. ТӀанхил адаксиалияб (тӀасияб) рахъ букӀуна канчӀгӀурччинаб, толораб; абаксиалияб — чанчахаргӀурччинаб, цодагь гьаршараб.
Берцинаб, тӀогьилгьинаб цодагь сурмиябгун румаб кьерал чӀвараб цӀул.
ТӀибитӀи
[хисизабизе | код хисизабизе]ГӀемериса бижула гьаб гьогьаб салихӀалаб ракьутӀа. ГьитӀинаб щватил хьуйдул ганчӀахарал ракьаздаги гӀола. Жиндир тӀабигӀияб куцалда тӀибитӀун буго Шималияб Африкалда — гӀемериса Алжиралда гун Мароккоялда; Централияб Европалда – Австриялда, Чехиялда, Словакиялда, Венгриялда, Германиялда гун Швециялда. Жанубгун-бакътӀерхьул Европалда — Испаниялда гун Франциялда. Гьеб дандечӀвала Крималда гун Кавказалда. Украиналъул, Балтиялъул хӀукуматазул, Россиялъул европалъул рахъалъул парказда гӀезабула.
ХӀалтӀизаби
[хисизабизе | код хисизабизе]Хьуйлъуца ракь лъикӀ цӀунула эрозиялдаса, рохьал цӀилъизаризе, руссинаризе гун ракьал гӀурччинлъизарулӀ хӀалтӀизабула, хасго ракъвай цӀикӀкӀарал регионазда. Хьуйдул чӀола солитералккун, къокъабиккун, цинги чӀагояб чалилъун.
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ "Информация о виде Colutea arborescens L. на сайте Catalogue of Life". Архивация оригиналалдаса, 2017-01-04. Щвей 2017-01-03.
- ^ Атрохин В. Г., Калуцкий К. К., Тюриков Ф. Т. (1982). под ред. К. К. Калуцкого (ред.). Древесные породы мира. Т. 3: Древесные породы СССР (PDF). М.: Лесная промышленность. гьгь. 72, 73. Архивация (PDF) оригиналалдаса, 2016-12-20.
{{cite book}}: CS1 maint: multiple names: authors list (link)