ЦӀад

ЦӀад[a] — атмосферияб гӀодорай, жиб 0,5-ялдаса 6—7 мм-ялде щвезегӀан гьоркьохъеб диаметр бугел къатӀрабилъун накӀкӀалӀан балеб.[1]
КъатӀрабазул гьитӀинаб диаметр бугеб лӀамияб гӀодораялда хъухъ-илан абула.[2] 6-7 мм-алдаса чӀахӀиял къатӀраби накӀкӀалӀан рортулаго рикь-рикьула, гьединлъидал кигӀан кутакаб цӀад букӀаниги, гьелъул къатӀрабазул диаметр 6-7 мм-алдаса чӀахӀалъуларо. ЦӀадул интенсивлъи гӀадатияб куцалъ 0,25 мм/сгӀ-алдаса (хъухъ) 100 мм/сгӀ-алде щвезегӀан (чвахунцӀад) букӀуна.[3]
ГӀуцӀул механизм
[хисизабизе | код хисизабизе]ЦӀад бала 0 °C гӀодобегӀанал температураязда цӀикӀкӀунцӀорорал гин цӀорол кристаллал жинда ругел журарал накӀкӀазулӀан (аслияб куцалъ цӀадал гъатахаразулӀан гин рорхатго гъатахаразулӀан). КъатӀрабазда тӀад лълъел хӀухьалил цӀевул тӀадецуй цо температураялда ругел цӀорол кристаллазда тӀад бугелдаса цӀикӀкӀунеблъидал, накӀкӀ, лълъел къатӀрабазде дандеккун лълъел хӀухьалица цӀечӀеб букӀаниги, кристаллазде дандеккун цӀикӀкӀунцӀураб букӀуна, гьединлъидал цого мехалъ къатӀраби хӀухьладе сверуралго, кристаллал гӀезаризе байбихьула. КӀодолъулаго гин бакӀлъулаго, кристаллал накӀкӀалӀан рортула, цӀикӀкӀунцӀорорал къатӀрабиги жинда цӀоронрекӀинарун. НакӀкӀул кьочӀоде яги гьелда гьоркь 0 °C температура бугел гъатазде унаго, гьел биуна, цӀадал къатӀрабаздеги сверун.
Роржулел къатӀраби бакъуца гвангъизарулаго рекъарал шартӀал рукӀани, зодибутӀ бихьизе бегьула.
ГӀемераб мехалъ цӀад бачӀоялъ ракъдаллъи бачӀизабула.
ЦӀадал накӀкӀал гӀуцӀи
[хисизабизе | код хисизабизе]ЦӀа́дал накӀкӀал гӀуцӀула цӀевул рахъалъ гӀагараб, хӀо батӀи-батӀияб температура бугеб кӀиго гьогьмадул масса жубаралдаса, яги рагьа́раб гьогьен гьелдаса цӀорораб тӀасанлъуда цуралдаса, яги гьогьмадул эхеде рахунел чвахабазда жаниб. ТӀоцебесеб мисалалда жубавул регьел кидаго журалел массабазул рагьлидаса цӀикӀкӀуна, гин гьогьен цӀураблъун ккезе бегьула; гьелъ лӀугьинарулал цӀадал гӀисинал рукӀуна, хӀо халатбахъун банани, гьел лъикӀго чвахизе рес буго. Гьединал цӀадазда гьоркьоб уна гӀисинал, хӀо халатбахъарал европалъул хӀукуматазул хасалил цӀадал. КӀиабилебалдаса рагӀалдасеб хӀукуматазда цӀадал радарула цӀорораб мехалъ ралъдал гьури букӀунаго. Бищун чобочараб гӀодорай бала гьогьен эхеде бахунеб мехалъ, хасго рахьарал хӀукуматазда, жиндир гьогьмада лълъел хӀухьел хасго гӀемераб бугеб: тӀасиял, цӀикӀкӀунлъелъерал атмосфералъул гъатазде бахунаго, гьогьен кӀодолъула, тӀадеги гьелъул температура гӀодоккола, гьеб цӀевул даражаялде гӀагарлъула гин гьелдасацин цӀикӀкӀуна, цинги лълъел хӀухьалил бутӀа кондесатизула. Гьелда гьоркьоре уна мугӀрузул гъолоздасан рагьараб гьогьен бахунаго балеб гӀодорай, гин гьединго циклонал лӀугьунел бакӀалда букӀунеб гӀодорай.
Нотаби
[хисизабизе | код хисизабизе]МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Дождь // Большая российская энциклопедия [Электронный ресурс]. — 2017.
- ^ Марк Софер. Дожди, какими мы их видим... (ru) // Наука и жизнь. — 2018. — № 8. — С. 2—13.
- ^ Дождь // Большая российская энциклопедия [Электронный ресурс]. — 2017.