Арагва: Версиязда гьоркьор батӀалъиял

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Контент гилдана Контент жубана
Новая страница: «'''Ара́гви''' ({{lang-ka|არაგვი}}) — бакъбаккул Хъизихъалда бугеб гІор, Кор (гӀор)...»
 
Нет описания правки
Мухъ 1: Мухъ 1:
[[Файл:Aragvi at Mtskheta.JPG|мини|Арагваялъул сурат]]
'''Ара́гви''' ({{lang-ka|არაგვი}}) — бакъбаккул [[Хъизихъ|Хъизихъалда]] бугеб гІор, [[Кор (гӀор)|Кор гӀоралъул]] квег�8аб гІаркьел.
'''Ара́гви''' ({{lang-ka|არაგვი}}) — бакъбаккул [[Хъизихъ|Хъизихъалда]] бугеб гІор, [[Кор (гӀор)|Кор гӀоралъул]] квегІаб гІаркьел.


== ЦІар ==
== ЦІар ==
Мухъ 24: Мухъ 25:


== ХІужжаби ==
== ХІужжаби ==
{{хІужаюи}}
{{хІужаби}}


[[Категория:Коралъул гІаркьалаби]]
[[Категория:Коралъул гІаркьалаби]]

17:23, 16 октобер 2020 версия

Арагваялъул сурат

Ара́гви (гуржи: არაგვი) — бакъбаккул Хъизихъалда бугеб гІор, Кор гӀоралъул квегІаб гІаркьел.

ЦІар

Ара́гви[1] абураб гуржи рагІул магІга буго «хехаб», «кватІулареб» абураб.[2] Цогидаб версиялда, гІоралъул цІар бачІун буго абхаз аракуа — «гІаркьел» абураб рагІудаса.[3]

Сипат-сурат

ГІор байбихьулеб буго Кавказалъул бетІераб балалъул жанубияб рахъалдаса. Байбихьуда гІоралда абула ХъахІаб (Мтиулалъул) Арагви абуг. Гьеб чвахулеб буго миччилалдаса ва гачиганчІидаса, жинца лъималъе хъахІккараб кьер кьолеб. Пасанаури гьеналъухъ ХъахІаб Арагва жубалеб буго ЧІегІераб Арагвагун, жиб чІегІераб миччиладаса чвахулеб ва гьелъ жиндир чІегІераб лъим бугеб. Жубан хадуб гІоралъул цо манзилалъ букІуна кІиго параллелияб мухъ — канчІаб ва бецІаб. Гьедин кІиго гІаркьел жубан лъугьараб гІоралде абула Арагвайилан. Жинвали росдада аскІоб Арагваялде гъорлъе жубала Пшавалъул Арагва, КІудияб Борбало мегІералъул бакътІерхьул щобаздаса чвахун бачІунеб ва жиндир шималияб гІаркьеллъуг Хевсур Арагва бугеб. Ункъабго Арагва жубаялда гьабун буго Жинвал лъелнахърател ва ГЭС, жидеца Хъизихъалъул тахшагьар лъедалъун ва каналдалъун хьихун бугел. Мцхета шагьаралда аскІоб Арагва жубалеб буго Коралде гъорлъе. Арагваялъул лъим аслияб къагІидаялъ буго цІорол. Арагваялъул расалъиялдасан унеб буго Рагъулабгин Гуржи нух[4].

Арагва гІор лъугьиналъул хІакъалъулъ бицен

Рорхатал мугІрузда гІумру гьабун йикІун йиго яц — цояй хъахІаб рас бугей, цояй чІегІераб рас бугей. Гьел цоцазе рокьулел рукІуна, ва кІиязулго рокьи ккола цого васасухъ. Васас ячуна хъахІаб рас бугей. Пашманлъи хІехьезе кІвечІей яц кІанцІула кІкІалахъе, ва гьедин юижула гьениб гІор, ясалъул гъалал гІадинаб чІегІераб лъим жиндир бугеб — ЧІегІераб Арагва. Хирияй яц хвараблъи лъайдал, хъахІаб рас бугей яцги кІанцІула кІкІалалъе — гьедин юижула ясалъул рас гІадаб хъахІаб лъим жиндир бугеб ХъахІаб Арагва. Жиндир гІолохъаная лъади хвараблъи лъала васасда, ва гьевги кІанцІула кІкІалахъе — гьедин бижула кІкІалахъ гІор — Пшавалъул Арагва.

Галерея

Бл. гьединго


ХІужжаби

  1. Арагва // Брокгаузил ва Ефронил энциклопедияб къамус: 86 томазда (82 т. ва 4 тӀаджубаял.).
  2. Твёрдый А. В. Топонимический словарь Северного Кавказа. — Краснодар: Краснодарское книжное издательство, 2006.
  3. Д. Гулия. История Абхазии. — Тифлис, 1925. — Т. 1. — Гь. 62.
  4. Цабаев Василий Георгиевич. По Военно-Грузинской дороге. — Орджоникидзе: Книжное издательство Управления по печати при Совете Министров СО АССР, 1971. — 120 с.