Перейти к содержанию

ХъегӀело

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Хъе́гӀело — шималиял аваразул божабазда бугеб мифологикияб тӀадбег (чи кьижаравго, гьестӀа бегулеб мификияб рижи).

Гьоркьосел аваразул (хунз диалекталъул) — хъе́гӀило (Хунзахъ, Генуб), хъе́гӀил (Унсоколо), хъе́гӀир (Инчха), хъе́гӀеро (ЦӀобокь).

ХъегӀилода 99 квер бугин абула БуцӀра, гьелда 100-абилеб букӀарабани, гьелъукьаса хвасарлъизе ресго букӀунароан. МагӀарзуни цо гурони къали гьечӀо гьелъул, кӀиабилеб букӀарабани, гьелъ чи цӀакъ хеккого гъанкъулаан (Генуб, ЦӀада, Харахьи, ТӀануси, Зирани, Балахьуни, Унсоколо); гьеб тӀад бегидал, чиясдаги цо къалинисан гурони хӀухьел босизе кӀоларила. ЦӀада абула гьелъул катил гьумер бугин; дергелол гьумер бугин абула БакьачӀи; гьитӀинаб (къокъаб) щватил рижи (Хъарани, Генуб); къокъккарав магжитав херуч (Генуб); расуца бацараб логол (Харахьи); чанлӀаб керчаб расул (Гъоркьколо); гьарш-гьаршараб (Гьонохъ); бухӀулеб хӀухьел бугеб (Харахьи) гин бихьинчиясул расутаб квер бугеб (ТӀануси); бакӀаб (кибго); ТӀануси божула гьелъул цояб рахъ бурияб кьерул бугин, цогияб — хъахӀаб.

Мифологиялъул рахъалӀан ХъегӀелол расулъи (расхӀаллъи), керчлъи ккола ччухӀаб могьол бачӀул метафора. Цебе ХъегӀело аграриял бучудузул цояб букӀун батизе рес буго.

ХъегӀелол букӀунила тӀагъур, жиб тӀад лъуни гьеб чиясул берзукьас борчӀизабулеб. БуцӀра абула гьелъ гьеб тӀагъур къаникь (яги къанил картӀиниб) бахчун букӀунин. Харахьи абула ХъегӀелол лага гин тӀагъур щагӀил ругин (щагӀи́л тӀагъу́р), гьелъ гьеб жиндаго аскӀоб чӀарбитӀе рехун толила. Гьалъухъ меседил кӀвекьмахх букӀунинги абула, цинги тӀагъурги меседил (Гъоркьколо).

ХъегӀело жундулеб букӀуна гьабитӀа яги мокърукь (чӀалуда) (БакьачӀи). Гьеб рокъобе бачӀуна маркӀачӀудаса хадуб (ГӀобода), сардилӀ (кибго); сордобащалъуда (Хунзахъ); рогьалилӀ яги канлъи биччалеб мехалъ (ТӀануси), яги радалиде (ГӀобода); Сардихъанго гӀадин гьеб мащалзунисан яги нуцӀихъан бачӀуна жанибе, лъиял яги хӀакъикъал, бичасе рокьулел чагӀазда бегула; данделъичӀел гӀолохъабаздаги (Гиничукь). ТӀад ХъегӀело бегадго чи хвани, гьев алжаналъуве шагьид хӀисабалда кколила (Гъоркьколо, Харахьи).