Хунзахъа КӀудияв ХӀажи
Хунзахъа КӀудияв ХӀажи (1872 - ). Абулмуслимил наслуялъул гӀалимчи.
Хунзахъа Ражабил ГӀумарил вас Ражаб-хӀажи гьавуна гӀага-шагарго 1872 соналъ ГӀалимчулал абулеб тухумалда. ГӀалимчулалин гьесул тухумалда абиялъе гӀилла ккола Абумуслим-шайих вачӀаравго, гьес бачӀараб гӀелмуги тӀахьалги цӀалун, гӀелму босарал гӀемерал гӀалимзаби гьесул тухумалъул рукӀин.
Эмен хун хутӀарав гьитӀинав ХӀажи, гӀелмуги умумуздасан бачӀараб рухӀияб бечелъиги щвечӀого хӀутӀилин хӀинкъун, эбел ГӀумарил ГӀаишатица гьитӀинго гӀелмуялъул нухде вуссинавун вуго. Анлъго сон барав вас эбелалъ витӀула умумузул кьолбол гьобол ГӀумар абун кӀудияв гӀалимчиясухъе цӀализе БуцӀраве.
Абумуслим щайихасдасан бачӀараб гӀелму инсуца васасухъе кьолаго, ХӀажил умумул гьоркьоса кьотӀизе течӀого гӀелму цӀаларал гӀалимзаби рукӀана. ХӀажи вукӀун вуго инсул рахъалъан 15-абилев гӀалимчи. Гьесул эмен хехго хун вуго. Гьесул рукӀана кӀиго васги кӀиго ясги: МухӀаммад, Гъайирбег, Хадижат, ПатӀимат.
Гьесул умумуздасан рачӀарал тӀахьазда хъвараб тарихалдасан буго гьадинаб хъвайхъвагӀай: «Дагъистаналде ислам бачӀинелде цебе, нижер кӀудияв эмен, жиндир зара бацӀцӀадав, кафураб заманалда гьезул гӀалим ватана. Абумуслим вачӀана, ислам къабул гьабуна. ТӀоцебе иманги лъун гьев жаниве вачана жиндиралда цун рукъзал кьуна, масжид бана. Абумуслимида цадахъ йикӀарай гьесул яц жиндирго васасе чӀужулъун ячана. Биги гьанги жубана Абумуслимил тайпаялъул, гьесул нухда хьвадулел умумул нижер лӀугьана. АнцӀила щуго гӀалим наслуялда вахъана, щунусиялде гӀагарун тӀахьал гьезул ратана. Гьезул щибав гӀелмуялде гурони валагьичӀо, гӀелму тун хьвадаразул магӀишатги билълъинчӀо. Мисриялде, Шамалде ун гӀелму тӀалаб гьабуна, гьениса тӀахьал росун тадрис гьабун цӀалана. Гьезул цӀар Аль-гӀуламау ГӀалимчулал аль-аварию" аль-хунзахийю аль-тӀалтӀию абун тӀибитӀана». [1]
Примечания
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ http://www.as-salam.ru/avar/arhiv/2010/avar_2010_02.pdf (хвараб регӀел)