Перейти к содержанию

Холел ругел регӀал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Калифорниялъул кондор ккола тӀубанго хун лӀугӀиялде гӀагарун бугеб регӀ. БертӀаме популяциялъул мониторинг гьабизе лъураб куркьбазул гӀужазда.

Холел ругел регӀал (ингилис: Endangered species, EN) ккола рикӀкӀен цӀакъ дагьлъудалъун яги сверухъел фактораздалъун хвезе бегьулел биологикиял регӀал.

Интернационалияб тӀабигӀаталъул цӀунул цолъуда рекъон, 2006 сониде щвезегӀан лъалеб бегӀазул 40% хун лӀугӀулеб буго.[1]

Цере чагӀаз ургъел гьабичӀого квенал, тӀомал гин хутӀанщинаб щвезалъе чӀвалаан хӀайванал. Халкъги гин бича-хисиги цӀикӀкӀулаан, гьезда цадахъ рухӀчӀаголъи хвезабиги, гьединлъидал чанцӀулго цо-цо регӀалги тӀагӀунаан. АхӀвал-хӀал хисана XVI гӀасрудул бакьулl, мех-мехалъ чанаре хьвадулел рукӀарал ракьал чӀороголъун, чагӀазда ургъел ккарабго, тӀоцебе чан гьариялъе къадар чӀезабидал. ХӀо гьеб гъукъун букӀана хӀайванузул рикӀкӀен цӀикӀкӀарабго цӀидасан гьел чӀвазе байбихьизе. ТӀоцересел гъукъаби, жинца чан гьаби гин хӀайванал тӀагӀинарулел цогидалщинал гъукьулел XIX гӀасрудул тӀарамагъаде гӀунтӀизегӀан рахъун рукӀинчӀо, Европаялда цо-цоял регӀал хвезе лӀугьарабго гурони.

Хун лӀугӀул проблемаби

[хисизабизе | код хисизабизе]

РегӀазул тӀагӀин ккола тӀабигӀаталъул бечелъунгутӀизабул гин тӀабигӀияб сверухълъи цӀунизе чагӀазда тӀадкъараб моралияб проблемлъун бугин божулезе бищун аслияб факторлъун.

Дестабилизация лъикӀ лъала кванил рахсил гӀекӀ экосистемалдаса тӀагӀараб мехалъ. Цо бегӀ хун лӀугӀарабго, гӀемериселъ кӀиабилеб даражаялъул регӀазул популяцияб рикӀкӀенги хисула. Экосистемаги нахъбуссинабизе кӀолареб хӀалалъ цӀакъ хисизеги рес буго.