Перейти к содержанию

СагӀудиязул ГӀарабия

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Халип:СагIудиязул ГIарабия» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
СагӀудиязул ГӀарабиязул Къираллъи
المملكة العربية السعودية
аль-Мамлакатул-ГӀарабиййати-с-СугӀудиййати
Байрахъ Герб
ШигӀар: «Ла илагьа илла Ллагь,
МухӀаммадун расулу Ллагь
»
Гимн: ЧӀахъаги Къирал!!
КьучӀ лъуна 23 сентябр 1932 с.
Расмияб мацӀ гӀараб
Миллатал ГӀарабал
Тахшагьар Ар-Рияд
ЧӀахӀиял шагьарал Ар-Рияд, Жидда, Макка, Мадина
Хан Салман ибн ГӀабдул ГӀазиз
Пачалихъ. дин Ислам
Ракь
• Кинниги
12-билеб дунялалда
2 149 000 км²
Халкъалъул къадар
• Къимат (2013)
Гъунки

26 939 583[1][2][3]чи (46-билеб)
12 чи/км²
ИПГӀИ (2013) 0,782[4] (борхатаб) (57-билеб)
ГӀарац СагIудиязул риал
Телефоналъул код +966
СагӀтил рачел +3

24°32′0″N 44°39′0″E / 24.53333°N 44.65000°E / 24.53333; 44.65000 Координатал: Parameter: "scale=" should be "scale:"

СагӀудиязул ГӀарабия яги СагӀудиязул ГӀарабазул Къираллъи (гӀараб мацӀалда:المملكة العربية السعودية; al-Mamlakah al-ʻArabīyah as-Saʻūdīyah), ккола гӀарабазул бащдабчӀинкӀиллъиялда бугеб пачалихъ. СагӀудиялъул гӀорхъода руго, Кувайт, Имаратал, Урдун, ГӀиракъ, КъатӀар ва Йаман хӀукуматал[5][6]. Гьединго СагӀудиялъул ракьал чурула ГӀарабазул ралъдал квачӀалъ хьундабгун-бакъбаккудасан ва БагӀараб ралъдаца — бакътӀерхьудасан. Жакъа къоялда жаниб, СагӀудиялъул гӀадамазул къадар бахуна 27,136,977 миллион чиясде. Бусурбабазул къадар бахуна 99,9 % ялде.
СагӀудиялъул тахшагьар - Ар-Рияд буго.

СагӀудиязул ГӀарабиялде гьединго абула «КӀиябго хӀарамалъул ракь» - абун, гьениб Маккагун Мадина букӀиналъ. Гьеб пачалихъалъул къокъаб цӀар гӀараб мацӀалдаас-СагӀудия (гӀараб: السعودية) - абун буго.

ЦӀакъ цӀикӀкӀараб нартил нахърателалгун СагӀудиязул ГӀарабия ккола — Нарт къватӀибе кьолел пачалихъазул гӀуцӀиялъул аслияб пачалихълъун. 2009 соналъ гьелъ кӀиабилеб бакӀ ккун букӀана (Россиялдаса хадуб) нарт бахъиялъе ва гьеб къватӀибе кьеялъе[7]. СагӀудиязул къватӀибехун бугеб бича-хисиялдаса 95 % ккола нарт къватӀибе кьеялъ ва гьебги ккола пачалихъалъул хайиралъул 75 %.

Файл:Карта КСА.jpg
СагӀудиязул ГӀарабия

Гьанжесеб СагӀудиязул ГӀарабиялъул ракь ккола — гӀарабазул къабилабазул тарихияб ватӀанлъун, байбихьуда хьундабгун-бакъбаккуда жодоца гӀумру гьабулел рукӀарал, ва н.р. цебе II азарсоналъ жодоца ГӀарабистаналъуд киналниги ракьазда кверщел гьабурал.

НилӀер рикӀкӀеналда цебе I азарсоналдсан байбихьун бащдабчӀинкӀиллъиялда къиблаяб рахъалда рукӀана МагӀиналъул ва Сабаалъул къираллъиял, ва гьезул нухда ругел бича-хисиялъул бакьулъбакӏазул хӀисабалда лӀугьана некӀсиял ХӀижазалъул шагьарал — Макка ва Мадина.

VII гӀасруялъул байбихьуда Маккаялда МухӀаммад аварагас байбихьана исламалде гӀадамал ахӀизе. 622 соналъ гьес гьижра гьабуна Ясрибалде (Мадинаялде), хадубккун къуватаб ва цебе тӀураб исламияб пачалихълъун жиб лӀугьараб. 632 - 661 соназде щвезегӀан Мадина букӀана Исламияб хилапаталъул тахшагьарлъун ва халипазул чӀейбугеб бакӀлъун.

Ислам тӀобитӀи

[хисизабизе | код хисизабизе]

МухӀаммад аварагас Ясрибалде гьижра гьабуралдаса хадуб, 622 соналъ МухӀаммад аварагасул бетӀерлъиялда гъоркь бусурбабаздаги ва гьенир рукӀарал бакӀалъул гӀарабазул тухумаздаги ва жугьутӀаздаги гьоркьоб къотӀи-къай хъван букӀана.

632 соналъ Мадина тахшагьарлъунги ккун гӀуцӀана Исламияб хилапат, ва гьелъ жаниб бачун букӀана кинабниги гӀарабазул бащдабчӀинкӀиллъи. КӀиабилев халипа ГӀумар ибнул-ХатӀтӀабил заманалде (634), киналниги жугьутӀал къватӀире ккезарун рукӀана ХӀижазалдаса.

Рагъазул хӀасилалда, IX гӀасруялде щвелалде исламияб хилапаталъ жанибе бачун букӀана ГӀагараб Машрикъалъул, Ираналъул, Гьоркьохъеб Азиялъул, Гъоркьасеб Кавказалъул, Хьундасеб Априкъаялъул ва гьединго Къиблаяб Европаялъул ракьал.


ГӀарабистан Гьоркьохъел гӀасрабазда

[хисизабизе | код хисизабизе]

XVI гӀасруялда турказ байбихьана ГӀарабистаналда кверщел гьабизе. 1574 соналде ГӀусманиязул пачалихъалъ султӀан Салим II бетӀерлъиялда гъоркь тӀубанго бахъана ГӀарабистан. СултӀан МахӀмуд I-сул (1730—1754) сиясияб загӀиплъиялдасан мукагӀатлъиги босун, гӀарабаз байбихьана тӀоцересел галаби гьаризе жалго жододаго чӀараб пачалихъияб низам гӀуцӀиялъе. Гьеб заманаялда бищун къадру бугел хъизамаллъун ХӀижазалда рукӀана СагӀудиял ва Рашидиял.

ТӀоцебесеб СагӀудиязул пачалихъ

[хисизабизе | код хисизабизе]

СагӀудиязул пачалихъ баккана 1744 соналъ ГӀарабистаналъул бакьулъаб икълималда. Ад-ДиргӀийя шагьаралъул хӀаким МухӀаммад ибн СагӀуд ва исламияв гӀалимчи МухӀаммад ибн ГӀабдул Вагьгьаб цолъана кутакаб ва гъункараб пачалихъ гӀуцӀиялъул мурадалда. Гьеб, XVIII гӀасруялъ цолъараб гӀуцӀиялъ авал лъуна дакъа къо щвезегӀанги хӀукмуялда ругел СагӀудиязул тухумалъе. Цо дагьабго заманаялдасан гӀолохъанаб пачалихъалде хӀал гьабизе лӀугьана ГӀусманиязул пачалихъалъ, жодорго къиблаяб рахъалда бугеб гӀорхъода гьел къуватлъизе бокьичӀого ва гьез Маккагун Мадина бахъиялда ццимги бахъун. 1817 соналъ гӀусманиязул султӀанас ГӀарабистаналде МухӀаммад ГӀали Пашал бетӀерлъиялда гъоркь аскар битӀула, ва гьез щущухъ биххизабула Имам ГӀабдуллагьил аскар. Гьединаб куцалда, ТӀоцебесеб СагӀудиязул пачалихъ хутӀана 73 соналъ.

КӀиабилеб СагӀудиязул пачалихъ

[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьанже гӀун бачӀунеб букӀараб гӀарабазул пачалихъ турказ щущахъ биххизабиялде балагьичӀого, 7 сонидасан (1824 соналъ) Ар-Риядалда тахшагьаргун гӀуцӀула КӀиабилеб СагӀудиязул пачалихъ. Гьеб пачалихъ хутӀана 67 соналъ ва щущахъ биххизабула СагӀудиязул церегосел тушбаби — Рашидиязул тухумалъ. СагӀудилазул хъизан лӀутизе ккун лӀутула гьеб мехалъ Кувейталде.

Лъабабилеб СагӀудиязул пачалихъ

[хисизабизе | код хисизабизе]
СагӀудиязул ГӀарабиялъул тӀоцевесев къирал ГӀабдул ГӀазиз ибн СагӀуд

1902 соналъ 22 сон барав СагӀудиязул хъизаналдаса ГӀабдул ГӀазизица ккола Ар-Рияд, ва Рашидиязул тухумалдаса гьелъул вукӀарав амирги чӀвала. 1904 соналъ Рашиди тухумалъулаз ГӀусманиязул пачалихъалдаса кумек тӀалаб гьабула. Гьез жаваб гьабун жодорго аскар гьенибе битӀула, амма гьаб нухалъ къун нахъе ине ккола. 1912 соналъ ГӀабдулгӀазизица тӀубанго Нажд икълим кверде босула. 1920 соналъ, ингилисазул кумекалдалъун, ГӀабдулгӀазизица тӀубанго Рашидиязул тухум лӀугӀизабула. 1925 соналъ Макка кверде босула. 1926 соналъул 10 январалъ ГӀабдулгӀазиз ибну СагӀуд ХӀижазалъул ханлъун лъазавула. 1927 соналъ КӀудабиритӀаниялъ СагӀудиязул ханлъи жибго жиндаго чӀараблъун рикӀкӀуна. Цо чанго сонидасан ГӀабдулгӀазизица ГӀарабистаналъул хутӀарал ракьалги кверде росула. 1932 соналъул 23 сентабиралъ Нажд ва ХӀижаз цогьаруна, СагӀудиязул ГӀарабия абураб цо пачалихъалда жанир. Живго ГӀабдулгӀазизги лӀугьана СагӀудиязул ГӀарабиялъул ханлъун.

1938 соналъул марталда СагӀудиязул ГӀарабиялда ратана нарт бахъизе бегьулел бакӀал. КӀиабилеб дунялалъул рагъ байбихьи сабаблъун нарт бахъи байбихьичӀо гӀицӀго 1946 соналъ гурого. Нарт лӀугьана пачалихъ цебетӀеялъе сабалъун.

ГӀабдулгӀазизида хадув къираллъун вачӀана гьесул вас СагӀуд. Гьес ургъичӀого бачунеб букӀараб жанисеб сиясаталъ, пачалихъалда инкъилаб ккеялде бачана, СагӀуд лӀутана Европаялде, хӀукму бачӀана гьесул вац Пайсалихъе. Пайсалицин абуни гӀемераб хӀалтӀи гьабуна пачалихъ цебетӀеялъе. 1973 соналъ, Пайсалица Байтул Макъдис бусурбабазухъе буссинабизегӀан, сагӀудиялъул нарт къватӀибехун биччаларин абун гьев чӀедал, бакътӏерхьул пачалихъаз гьев чӀвазе тӀамана гьесул вацасул вас. Ва гьесдаса хадув хӀукмуялде вачӀана гьесул вац Халид. Гьесдаги хадув Пагьд, 2005 соналъ — ГӀабдуллагь, ва 2015 соналъ — Салман.

2011—2013 соназда багъа-бачариял

[хисизабизе | код хисизабизе]

2011 соналъул 10 марталъ Ал-КъатӀип шагьарлда полициялъулаз ярагъ хӀалтӀизабуна, хӀукуматалда данде рахъин сабалъун жанир тӀамурал шигӀиял къватӀире риччаян дандечӏеял гьарурал шигӀиязда данде ва гьелъул хӀасилалда лъабго шигӀияв чӀвана.

2011 соналъул марталъул авалалдасан байбибхьун СагӀудиязул ГӀарабиялда Жанисел ишазул министерлъиялъ митингал гьукъун руго. Гьеб мехалъ полициялъе хӀукъукъал щвана бокьараб куцалда митингалде рахъаразда дандечӀей гьабизе[8].

2011 соналъул 4 октябралъ багъа-бачари лӀугьана Бакъбаккул икълималда, аслияб куцалда шигӀияз жаниб гӀумру гьабулеб бугеб. СагӀудиялъул тӀадчагӀаз рикӀкӀунеб буго, гьеб хӀалуцин къватӀисанхун, хасго Ираналдасан бачӀине бугоян[9].


Пачалихъияб гӀуцӀи

[хисизабизе | код хисизабизе]
Хан Салман

СагӀудиязул ГӀарабиялъул пачалихъияб гӀуцӀи чӀезабула Ханлъиялъул Аслияб къануналъ, СагӀудиязул ГӀарабиялъул хӀукмуялъул аслияб низам абун жинда цӀар бугеб, ва жибги къабул гьабураб 1992 соналда. Гьелда рекъон СагӀидиязул ГӀарабия ккола тӀубараб ханлъилъун, жиб цебе бачунеб тӀоцевесев хан ГӀабдулгӀазизил лъималаз ва лъималазул лъималаз. Къануналъул кьучӀое босун буго исламиял хӀукмаби.

Пачалихъалъул бетӀерлъун вуго хан. Гьаб сагӀаталда пачалихъалъул хӀукмуялда вуго ханлъиялъе кьучӀ лъурасул вас Салман ибну ГӀабдулгӀазиз СагӀуд. Пачалихъалъул кӀвар бугел буюрухъал хъвала гӀалимзабазулгун данде бан хадуб. Ханасе мутӀигӀлъула киналниги хӀукмуялда ругел.

Буюрухъ тӀобазабиялъулаб хӀакимлъи гӀуцӀун буго министерзабазул Шураялдасан, бетӏерав министерасдасан, гьесул тӀоцевесев наибасдасан ва къого министерасдасан. Киналниги министерзабазул хъулухъал рикьун руго ханасул хъизаналъул гӀадамазда гьоркьоб.

Къанун бахъиялъул хӀакимлъи чӀезабун буго — Мажлису Шураялдасан[10]. Мажлису Шураялъул киналниги 150 гӀахьалчи, тӀамула ханас ункъго сонил болжалги цӀан.

Диваналъул хӀакимлъи ккола диниял диваназул система, ТӀадегӀанаб диваналъул шураялъ рихьизарураздасан ханас рищарал къадияца хӀукму гьабулеб. ТӀадегӀанаб диваналъул шураян абуни гӀуцӀун буго 12 чиясдасан, гьелги рихьизарула живго ханас.

БакӀалъул рищиял

[хисизабизе | код хисизабизе]


Инсанасул ихтиярал

[хисизабизе | код хисизабизе]

СагӀудиязул ГӀарабиялъул административияб бикьи

[хисизабизе | код хисизабизе]
СагӀудиязул ГӀарабиялъул административиял округал

СагӀудиязул ГӀарабия бикьун буго 13 административиял округазде[11] (гӀараб: المناطق الإدارية: almnat aladarih)[12], имиратал яги минтӀакъаби (mintaqat, цолъул формаялда — mintaqah):

#
картаялда
Административияб
округ
[] Error: {{Lang-xx}}: no text (help)Административияб
центр
Ракь,
км²
Хаклъ,
чи
(2015)
[13]
Гъунки,
чи/км²
16Ар-РиядالرياضАр-Рияд404240791086419,57
211Маккаمكة المكرمةМакка153128809947352,89
34Мадинаالمدينة المنورةМадина151990206138313,56
45Ал-КъассимالقصيمБурайда58046140297424,17
57Аш-Шаркъияالمنطقة الشرقيةАд-Даммам67252247628717,08
68ГӀасирعسيرАбгьа76693219446328,61
713ТабукتبوكТабук1460729074946,21
89ХӀаилحائلХӀаил1038876858206,60
92Ал-ХӀудуд-аш-Шамалияالحدود الشماليةГӀаргӀар1117973674333,29
1010ЖазанجازانЖазан116711568727134,41
1112НажранنجرانНажран1495115817893,89
121Ал-БахӀаالباحةАл-БахӀа992147175547,55
133Ал-ЖауфالجوفСакака1002125063725,05
кинниги21496903152141814,66

Аслиял шагьарал

[хисизабизе | код хисизабизе]

СагӀудиязул ГӀарабиялъул 88 % халкъалъул шагьаразда гӀумру тӀамун руго. Бищун кӀудияб шагьар, ханлъиялъул тахшагьар, гьелъул сиясияб, маданияб (диниял бакӀал рикӀкӀинчӀого) ва гӀелмияб центрлъун ккола — Ар-Рияд жинди жаниб 4 млн чи вугеб. Жидда — пачалихъалъул кӀиабилеб кӀудияб шагьар, гьелъул «экономикияб тахшагьар», БагӀараб ралъдада кӀвар бугеб порт. Макка ва Мадина, пачалихъалъул бищун чӀахӀиял шагьарал гурелги, гьел ккола СагӀудиязул ГӀарабиялъул ва тӀолабго исламияб дунялалъул къадро тӀадегӀанал шагьаралъун.

РубгӀ ал-Хали

СагӀудиязул ГӀарабиялъ ккола гӀага-шагарго 80 % гӀарабазул бащдабчӀинкӀиллъиялъул. Пачалихъалъул миллиял гӀурхъалаби чӀванкъотӀун рихьизарун рукӀунгутӀиялъ, чӀванкъотӀун СагӀудиязул ГӀарабиялъул ракьалъул къадар чӀезабун гьечӀо. Расмиял (официалиял) баяназда рекъон гьеб бахунеб буго 2 217 949 км², цогидал баяназда рекъон — 1 960 582 км² - 2 240 000 км². Кин бугониги, СагӀудиязул ГӀарабия ккола ракьазул рахъалъ дунялалда 13-еб пачалихъ.

Пачалихъалъул бакътӀерхьуда, БагӀараб ралъдал рагӀалда тӀарадасан аххаде щвезегӀан руго ал-ХӀижаз абураб кьурабазул рахас. къиблаябгун-бакътӀерхьуда кьурабазул борхалъи бахуна 3000 метраялде. Гьениб буго курорталъулаб мухъ Асир, жиндир гӀурччинлъиялъ ва тамахаб гьаваялъ туристал жинца тӀаде цӀалеб. Бакъбаккул рахъин абуни, тӀубанго бахчун буго салул авлахъаз. Къиблаяб рахъ ва къиблаябгун-бакъбаккул рахъ тӀубанго ккун буго РубгӀ ал-Хали салул авлахъалъ, гьенибго буго Йеменлъулгун ва ГӀуманалъулгун гӀурхъалабиги.

СагӀудиязул ГӀарабиялъул цӀикӀкӀунисеб ракьал ккун руго салул авлахъаз, ва гьениб гӀумру тӀамен руго батӀи-батӀиял тухумазул гӀалхул гӀарабал. Аслияб халкъин абуни гӀумру тӀамун руго чӀахӀиял шагьаразда ва гьел сверун, аслияб бакъбаккуда яги бакътӀерхьудахун, ралъдал рагӀалда.

Ракьул тӀалъиялъул гӀуцӀи

[хисизабизе | код хисизабизе]


СагӀудиязул ГӀарабиялъ гьава цӀакъго бакъвараб буго. ГӀарабазул бащдабчӀинкӀиллъи ккола — Ракьалда гӀемер гьечӀел бакӀаздаса цояблъун, риидал багӀари чӀечӀого 50 °C эххедезун бахунеб. ГӀазу бала гӀицӀго Жизаналъул мугӀрузда, пачалихъалъул бакътӀерхьуда, ва кидалго гуреб гьебги балеб. Январалъ гьоркьохъеб температура букӀуна шагьаразда 8 °C - 20 °C, салул авлахъазда 20 °C - 30 °C.


Хурдузул дунял

[хисизабизе | код хисизабизе]


ХӀайваназул дунял

[хисизабизе | код хисизабизе]
Ар-Рияд
Saudi Aramco

ЦӀакълъи: нартил ва газил чӀахӀиял нахърателал. ЧӀахӀиял харжал щола щибаб лъагӀалие хӀаж гьабун рачӀарал 2 млн хӀажичиясдасан.

ЗагӀипал рахъал: профессионалияб лъай кьей гьечӀо. ГӀемерисеб бутӀа бетӀербахъи гьабулел жалазул къватӀисанхун импорт гьабун бачӀуна. ГӀолилазда гьоркьоб хӀалтӀуларезул къадар цӀакъго цӀикӀкӀараб буго.

СагӀудиязул ГӀарабиялъул экономика бараб буго нартил касбоялда, ва гьеб бахуна пачалихъалъул гӀаммаб жанисеб продукталдаса 45 %. Бюджеталъул харжалъул 75 % ва къватӀибе кьолеб экспорталъул 90 % ккола нартилпродуктаздаса.

2005 соналъул декабралда СагӀудиязул ГӀарабия лӀугьана ТӀолгодунялалъул бича-хисиялъул гӀуцӀиялде.

КъватӀисеб бича-хиси

[хисизабизе | код хисизабизе]

КъватӀибехун бичи (экспорт) (2008 сон) — 310 млрд доллар: нарт ва нартилпродуктал. Аслиял росарухъаби — АЦЩ (18,5 %), Япония (16,5 %), Китай (10,2 %), Къиблаяб Корея (8,6 %), Сингапур (4,8 %).

КъватӀиса боси (импорт) (2008 сон) — 108 млрд доллар: промышленносталъул тӀагӀелал, квана-гьекъолел жал, химиялъулаб продукция, автомобилал, ххам. Аслиял къайи чӀезабулел — АЦЩ (12,4 %), Китай (10,6 %), Япония (7,8 %), Алмания (7,5 %), Италия (4,9 %), Къиблаяб Корея (4,7 %).

2000-ел соназда хеккого тӀаде борхана Китаялъул асар СагӀудиялъул къватӀисеб бича-хисиялда: 2002 соналъ Пекиналда ва Ар-Риядалда гьорькоб къайидул тӀад тири бахана 5,1 млрд долларалде, 2008 соналъ 41,8 млрд долларалде[14].

Шагьранух Ар-Рияд — Ал-Хубар

Маххулнухлул транспорт гӀуцӀун буго чанго нусго километраялъул маххул нухаздасан, жиндир стандартияб колеяби 1435 мм ругеб, ва жинца Ар-Рияд хутӀарал аслиял, ГӀарабазул ралъдал квачӀалъул рагӀалда ругел порталгун хурхинабулеб.

2005 соналъ хӀалтӀизе биччана проект «Север — Къибла», жиндир хьулалда бугеб 2400 км маххулнухлул лъезе ва жиндир багьа $2 млрд цӀикӀкӀун бахунеб. 2008 соналъул байбихьуда РАГӀ (ОАО) «Россиялъул маххул нухал» компаниялъе можоро ьергьана 520 км халалъи бугеб «Север — Къибла» проекталъул цо бутӀа базе, гьелъул багьа букӀана $800 млн[15]. Амма 2008 соеалъул маялде можороялъул хӀасилал нахъе рахъана, гьеб нахъе бахъиялъул гӀилла сиясияб бугин рикӀкӀана РМН-ялъул (РЖД) президент Владимир Якуниница[16].

2006 соналъ нигат гьабуна Маккаялда ва Мадинаялда гьорькоь 440-км маххулнухлул бутӀа базе.

Гьакинухазул гӀаммаб халалъи бахуна 221 372 км[17]. Гьелдаса:

  • КъвакӀараб хъалгун — 47 530 км.
  • КъвакӀараб хъал гьечӀого — 173 843 км.

СагӀудиязул ГӀарабиялда (кинаб миллаталъул йигониги) чӀужугӀаданалъе гьукъун букӀана 2006 соналде щвезегӀан автомобил бачине. Жакъайин абуни 30 сон базегӀан автомобил бачине бегьула чӀужугӀаданалъ цадахъ рос, эмен яги вац вугони.

Гьаваялъул транспорт

[хисизабизе | код хисизабизе]

СагӀудиязул ГӀарабиялъул гӀадамал раччулел авиакомпаниял:

  • Al-Maha Airlines — жанисел гьавамухъал. Авиапарк Airbus A 320.
  • Nas Air — жанисел бюджеталъулал гьавамухъал. Авиапарк Airbus A319, Airbus A320, Embraer 190.
  • Saudi Arabian Airlines —СагӀудиязул ГӀарабиялъул цебе тӀураб авиакомпания, жанисел ва къватӀисел гьавамухъал.
  • SaudiGulf Airlines — жанисел гьавамухъал. Авиапарк Airbus A 320 ва Bombardier CS300.
  • Mid East Jet — чартералъулаб авиакомпания.

Аэропортазул къдар — 208, гьездаса 73 — бетонналъул роржунел-чӀолел мухъалгун, 6-ялъул буго халкъаздагьоркьосеб статус:

2014 соналъул марталда, хӀалтӀулеб букӀана Маккаялъул метрополитен ; рагьизе хӀадурулеб букӀана Жиддаялъул метрополитен ва Ар-Риядалъул метрополитен.

БагӀараб ралъад ГӀарабазул ралъдал квачӀ

ЯргъидгӀуцӀарал къуватал

[хисизабизе | код хисизабизе]



Жанисеб сиясат. Диваналъул хасият

[хисизабизе | код хисизабизе]



КъватӀисеб сиясат ва халкъаздагьоркьосел хурхенал

[хисизабизе | код хисизабизе]



Лъай кьей ва маданият

[хисизабизе | код хисизабизе]


  1. Census.gov (2013). "Country Rank. Countries and Areas Ranked by Population: 2013". U.S. Department of Commerce. Архивация оригинал, 2013-05-05. Щвей 2013-05-09. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  2. "Справочник ЦРУ по странам мира (2012)". Архивация оригинал, 2020-12-29. Щвей 2014-01-30. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  3. В том числе около 5,6 млн. иностранных рабочих.
  4. "Human Development Report 2013" (PDF) (мацӀ: английский). United Nations Development Programme. 2013. Архивация оригинал (PDF), 2014-02-09. Щвей 2014-01-30. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  5. БСЭ — Саудовская Аравия
  6. "CIA — The World Factbook". Архивация оригинал, 2020-12-29. Щвей 2014-01-30. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help); no-break space character in |title= at position 4 (help)
  7. "CIA — The World Factbook". Архивация оригинал, 2012-05-12. Щвей 2016-02-12. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help); no-break space character in |title= at position 4 (help)
  8. Вести. Ru: В Саудовской Аравии полиция разогнала митингующих
  9. "NEWSru.co.il :: Саудовская Аравия обвинила Иран в провоцировании беспорядков в королевстве". Архивация оригинал, 2016-03-04. Щвей 2016-02-12.
  10. What does ‘reform’ mean in Saudi Arabia? Архивация 2007-01-05 Wayback Machine (инг.)
  11. Халип:Дунялалъул атлас
  12. Халип:ТІехь:СГНЗС
  13. "Распределение и прогноз динамики населения королевства по административным округам" (мацӀ: арабский). Центральный департамент статистики и информатики Саудовской Аравии. 2014. Архивация оригинал (PDF), May 9, 2016. Щвей July 1, 2014. {{cite web}}: Check date values in: |accessdate= гин |archivedate= (help); External link in |publisher= (help)
  14. http://cyberleninka.ru/article/n/kitay-i-saudovskaya-araviya-istoriya-vzaimodeystviya-i-perspektivy-sotrudnichestva-1980-2010 С. 205—206
  15. Анжела Сикамова. Прорыв РЖД // Ведомости, № 10 (2032), 22 января 2008
  16. РЖД не пустили в Аравию
  17. "CIA — The World Factbook". Архивация оригинал, 2020-12-29. Щвей 2014-01-30. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help); no-break space character in |title= at position 4 (help)