Таяммум

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Таяммум (гIараб мацIалда تيمم‎) ккола кIиябго квералдеги гьумералдеги ракь щвезе гьаби. Гьеб таяммум гьабула какие чуризе, яги черх чуризе лъим батичIеб мехалъ, ялъуни гьеб лъимги букIун, лъим хIалтIизабизе бегьулеб гьечIони. Масала: какие чуриялъул яги паризаяб черх чуриялъул лагаялда лъим хъвазе бегьулареб бугони.

Таяммум гьабизе бегьизе ккани буго лъабго сабаб:

ТIоцебесеб сабаб: сапаралда букIа, ялъуни рокъоб букIа лъим батунгутIи.
КIиабилеб сабаб: жиндихъ бугеб лъеде гIадамасул, ялъуни хIурмат бугеб хIайваналъул гьеб лъим гьекъезе хIажат букIин.
Лъабабилеб сабаб: таяммум гьабизе бегьизе ккани, лагаялда жинда лъим хъвазе бегьулареб унти букIин.

Таяммумалъул щуго рукну буго:

ТIоцебесеб рукну: таяммум гьабулеб лагаялде (гьумерги кIиябго гъежги) ракь накълу гьаби жинцаго бугониги, ялъуни жинца изну кьурав чиясниги. Гьороца босун бачIараб ракьул хIур, лагаялда бугони, гьеб лагаялъе таяммумалъе сверизе гьабун лъулъани гьелъ гIей гьабуларо, щайгурелъул гьелъие хасаб накълу гьаби гьечIелъул. Гьеб накълу гьабиги кIиго нухалъ букIине ккола.
КIиабилеб сабаб: ният гьаби. «Дица ният гьабуна паризаяб как хIалаллъиялъе таяммум гьабизе, яги къуръаналда хъвай хIалаллъизе, яги паризаяб тIаваф хIалаллъизе, яги щукруялъул сужда гьабизе хIалаллъизе», – абизе. Гьал цере рехсарал ниятазул бокьараб нияталъ цогидаб гIамал гьабизе бегьула, мисалалъе, паризаяб как хIалаллъиялъе ният гьабурас, паризаяб какги бачIого, тIаваф гьабизеги бегьула, гьелъул гIаксалдаги бегьула. Гьаб ниятги букIине ккола тIоцебе гьумералде ракь накълу гьабиялда хурхун, гьумералде масхIу гьабиялде цодагьаб къадаралъ хурхинеги ккола: паризаябин абичIогун ният гьабурав чияс, жинца ният гьабураб гIамалги хутIарал гIамалалги гьаризе бегьула. Масала: «Дица ният гьабуна Къуръан цIализе, ялъуни таяммум гьабизе», – ян ният гьабурав чияс суннатал какал, къуръан цIали, суннатаб тIаваф, гьелда релълъарал суннатал гIамалалги киналго гьаризе бегьула. Гьаб нияталдалъун цониги паризаяб гIибадат, паризаяб как, къуръаналда хъвай, паризаяб тIаваф гIадал гIамалал бегьуларо.
Лъабабилеб рукну: тIоцебесеб ракьалда кьабурал квераздалъун сахабго гьумералда масхIу гьаби. Гьумералдасан гъоркье далараб мегеж бугони, гьеб мегежалъул сахалдаго загьиралдаги масхIу гьабизе ккола. Гьумералъе ракь босулаго, килищалда баргъич бугони, гьеб бахъизе кколаро, амма кIиабилеб кьабиялъулъ баргъичалде гъоркье ракь щвезе, бахъизе тIадаб буго. Гьумералъул расазде гъоркье, ялъуни лъеца каки чурулеб мехалъ гIадин лага лъулъазе суннатаб гьечIо.
Ункъабилеб рукну: кIиябго квералда (гIункIрукь бакIалгун цадахъ) масхIу гьаби.
Щуабилеб рукну: тартиб цIуни, цин гьумералда, хадуб кIиябго квералда масхIу гьаби.

Гьаб щуябго рукнуялъул цонигияб камуни, ялъуни тартиб цIуничIони, таяммум бегьуларо.

Сапаралда вугев яги рокъов вугев чиясда лъим жиндие щолареблъи якъинго лъанани, кигIан тIалаб гьабуниги, гьев чияс лъим тIалаб гьабизе кколаро ва лъимги тIалаб гьабичIогун таяммумги гьабун как бала. ТIалабги гьабун, лъим батилин ракIалде кканани, гьес лъим тIалаб гьабизе ккола. Лъим тIалаб гьабила, какие гIуж щун хадуб. Какие гIуж щвезегIан лъим тIалабги гьабун лъим батичIони, гьелъ гIей гьабуларо. Лъим тIалаб гьабизе цоги чи вакил гьавизеги бегьула. ГIемераб жамагIаталъ цо божарав чи витIун танани, гьелъги гIей гьабула. Цо пасикъав чияс бицани цо бакIги бихьизе гьабун, гьениб лъим бугилан, гьес бицараб хабаралда божизе тIадаб гьечIо, ай гьенивеги инчIогун жинцаго тIалаб гьабиялда гIейги гьабун, таяммум гьабизе бегьула. Гьеб лъим тIалаб гьабулаго тIоцебе байбихьила жиндирго цадахъ бугеб къайиялде жаниве валагьиялдаса, хадуб цадахъ ругел гьалмагълъиялда гьикъила, гьезухъги батичIони, жив вугеб бакI битIараб, мегIер-кIкIал гьечIеб бакI батани, ункъабго рахъалде балагьила живго вугеб бакIалдасан. МегIеркIкIал бугеб бакI бугони, жив свердизе ккола, ялъуни цо борхатаб бакIалде вахина жинда аскIобегIан бугеб. Лъим тIалаб гьабун свердулаго, жиндаго ялъуни боцIи-малалда хIинкъани, ялъуни гьеб тIалаб гьабиялдалъун какил гIуж унеб бугони, гьедин сверизе. [1]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. "Archive copy" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса (2011-05-01). Халагьи 2011-05-01.{{cite web}}: CS1 maint: archived copy as title (link)