Сардихъан
Сарди́хъан — авар мифологиялъул персонаж. Гьидерил къагӀидаялъ – Садра́ахан.
ЧӀегӀераб лагабац (цо-цо росабалӀ хӀакӀугунаб) ретӀараб чиясул сипаталъул хъубаб рухӀ. Аморф яги зооморф (хӀинчӀ, кету) бегӀаздаги бачӀуна. Квер хъвазе щвани, беэнлъуда (кьаралъуда) хъварал гӀадин лӀугьуна (ГьентӀа), рукъ гӀадин бакӀаб (МачӀада), тӀохьидаса бакӀаб гин хӀулудаса тамахаб (ТӀидиб).
Къасимехалъ бачӀингун чагӀазда макьаби (гӀемериса квешмакьаби) рихьизарула. Цогиял тӀадрегаз кин гьалъ гӀадамазе гӀемерго квал гьабуларо, тӀад беганиги, кигӀан бакӀаб жиб бугин кканиги, чиясда жинда хӀухьел цӀазе кӀолечӀин ккезабуларо, амма хӀухьел цӀай захӀмалъизе бегьула; херал чагӀазе гьаб цӀакъ захӀмалъула, хӀо гьезда гьоркьобги гьаб лъиял чагӀазда бегула (ГьентӀа). Гъолго тӀадрегалгун роцани, гьаб гъол гӀадин ццидахараб гьечIо, хеккого тӀасаги бичӀула, рукъ бахун къватӀибеги уна. Цогиязда дандеккун, гьалъ чиясда жибго бихьизабула, чигун контакталдеги бачӀуна, батӀи-батӀиял, жеги чиясда рагӀичӀел гьаркьалги гьарула.
Гьалъул жанирачӀунел нухал ккола тӀаладо яги рагьу-махӀи. ЖанибачӀине мехалъ, рахайдул гьаракь гӀадинаб жоги бахъуна (Лъахъ). Гьалъул бачӀен лъиялъе, бечелъизалъе букӀунин абула цо-цо росабалӀ (ГьентӀа, МачӀада, ТӀидиб).
МачӀадисезул куцалъ, Сардихъанил чорхол цояб рахъ гьанал буго, цогидаб – ччугӀил. Сардихъан гьаналаб рахъалъ чиясда бегани — лъиялъе, ччугIилаб рахъалъ бегани — хехаб хвалие.
Сардихъанил гаргадулеб гӀамал гьечӀо, хӀо лъедерго гьелъ чиясухъги балагьун: «дуе щиб?» – ан цӀехезе бегьула. Гьеб мехалъ чияс хӀинкъичӀого жиндиего бокьараб гьелда гьарани, Сардихъаница кинаналиго гьеб тӀобазабула анила.
Сардихъанидаса цӀунизалъе гьабула чанго батӀияб жо: 1) гьеб бегизе байбихьудаса квер шурани яги гьаракь биччани, гьеб ччукӀун унеб гӀадин тӀасабатӀалъула гин хеккого аскӀоса тӀагӀуна (МачӀада, ТӀидиб) 2) тӀаладо (мащу) бацизе ккола 3) кьижилалде Ал-Ихляс цӀализе ккола.
Этимология
[хисизабизе | код хисизабизе]Сордо́ абураб рагӀудасан бачӀараб рагӀи, гьелъул хвалисаб кьочӀода -хъан суффиксги жубан. Диалектиял формабиги гьединго кигӀан жиндер формаби хисаниги.