Рохь
Куц-мухъ
Рохь ккола аслияб гӀумрудулаб формалъун гъутӀби ругеб экологикияб система, биогеоценоз.


Рохь ккола тӏабигӏаталъул гъорлӏияб бутӏа. «Рохь» ин абураб бичӏчӏи́ балагьизе бегьула батӏи-батӏиял даражабазда. Глобалияб масштабалда гьеб ккола биосфералъул бутӏа, локалиялда — фитоценоз.
Ракьалдаго рохьаз бацун буго 38 млн км². Гьелда гьоркьоса 264 млн га, яги 7% чӏун гӏезабуна чияс. XXI гӏасру лъилалде чиясдалъун хвана 50% рохьил тӏибитӏи. Рохьил зоналъул бащдалъи ккун буго тропикиял рохьаз.