Планета
|
| ||||
Бакъул системалъул микьго планета[a]:
Бакъудаса рикӀкӀалъулеб иргаялда рихьизарун руго планетаби. Роцен масшатбалда гьечӀо. Киналго суратазда руго натуралиял кьерал. |
Плане́та — астраномияб обйект, жиб цӀвайида яги гьелъул хутӀалида сверун орбитаялдасан тирулеб, жиндирго гравитациялъ гургинккезе гӀезегӀан кӀудияб, хӀо термонуклеарияб синтез лӀугьине бакӀлъи́ гӀолареб, гин жиндирго орбиталъул сверухълъи планетесималаздаса рацӀцӀад гьаризе кӀвараб.[1][2]
Планетаби кӀиго аслияб классалде рикьула: кӀудиял, дагьаб ччоборлъи бугел гигантиял планетабазде, гин гӀезегӀан чӀахӀиял гурел, къвакӀаб тӀасанлъи бугел ракьгӀадал планетабазде. Интернационалаб астрономиялъулаб цолъиялъул баяналда рекъон, Бакъул системалда 8 планета буго. Бакъудаса рикӀкӀалъулеб иргаялда — ункъго ракьгӀадаб: Меркурий, Венера, Ракь, Марс, цинги ункъго гигантаб планета: Юпитер, Сатурн, Уран гин Нептун. Гьединго Бакъул системалда буго щугониги гӀисинаб планета: Плутон (2006 сониде щвезегӀан планеталъун рикӀкӀунаан), Макемаке, Гьаумеа, Эрида гин Церера. Меркурия гин Венера хутӀун, киналго планетазул сверухъ цогӀаги сателлит тирулеб буго.
1992 соналдаса, цогидал цӀвабазда сверухъ экзопланетайилан цӀар чӀвараб нусго планета тӀатинабуралдаса, планетаби тӀолабго Галатикалда батизе бегьулеблъи лъана. 2006 соналъ Интернационалаб астрономиялъулаб цолъиялъ цӀияб баян кьуна планета терминалъе. Астрономия цебетӀеялъ бачана Бакъул системалдаса къватӀибехун 5900-даса цӀикӀкӀун экзопланета рагьиялде. Эзул рихьизарула батӀи-батӀияб хаслъи, жиб Бакъул системалъул планетабазул гьечӀеб, мисалалъе, РухӀарал Юпитерал — гигант-планетаби, жидер цӀвабзазда гӀагарлъухъ тирулел, Димидиум (51 Pegasi b) гӀадинал, жиндир цӀакъго эксцентрикияб орбитагун, HD 20782 b гӀадинал. Батун буго чанго экзопланета, жиндир орбита чӀаголъул зонаялда бугел (гьениб лӀамаяб лъим потенциалго планеталъул тӀасияб рахъалда букӀине бегьула), хӀо Ракь буго цохӀо лъалеб планета, жинда гӀумру букӀине бегьулеб.
Мифология
[хисизабизе | код хисизабизе]Классикалъул планетаби
[хисизабизе | код хисизабизе]Бакъул системалъул планетабазул цӀарал (Ракьалъул хутӀун) цӀикӀкӀанисел мацӀазда лӀугьун руго цоцада хаду бабилиязги, греказги, румазги некӀо мехалда бахъараб цӀаркьовул практикалдаса. Баща́зул цӀарал планетабазе кьолеб практика, батизе бегьула, греказ бабилияздаса босараб, греказухъа румазги. Бабилияз Венус планеталъе цӀар кьун букӀана шумер рокьул бищи́, аккад цӀар бугей Иштарил; Марсалъе кьун букӀана жидерго рагъул бищи́ Нергалил; Меркуриялъе — пичч-лъаялъул бищи́ Небул; Юпитералъе — жидерго бетӀерав бищи́ Мардукил; Сатурналъе — рекьарухъанлъул бищи́ Нинуртал.[3] ЦӀакъго гӀемерал дендеккеял руго грек гин бабилиязул цӀаразда гьоркьоб, гьел батӀаго раккун рукӀунгутӀизе.
НекӀсияб Грекиялда, Бакъудаги МоцӀродаги абунаан Гьелиос гин Селена, эл рукӀана кӀиго некӀсияб титанияб бищи́; бищун хӀинццаб планета, Сатурн, цӀарулаан Файнон, "кенчӀолеб"; хадусеб Файтон, Юпитер, "канаб" абун; багӀараб планета, Марс лъалаан Пироэис, "цӀадулаб" гӀадин; бищун канаб, Венус, лъалаан Фосфорос, "кан босулеб" гӀадин; Меркуриялда абулаан Стилбон, "паркъолеб" илан. Греказ щибаб планета хъвалаан жидерго пантеоналда ругел баща́зе, олимпиязеги цере титаназеги:[4]
- Гьелиосги Селенаги цӀарал рукӀана планетабазулги баща́зулги, гьел кӀиялго рукӀана титанал (хаду Аполлонгун Артемис олимпияз хисарал);
- Файнон букӀана Кроносл, титанасул, жив олимпиязул эмен вукӀарав, ва хӀалухъен, бачӀиналда хурхарав;
- Файтон букӀана Зевси, Кроносил васасул, жинца эв тӀаса рехарав;
- Пироэис кьун букӀана Аресие, Зевсил васасе, рагъул бищи́лъун вукӀарав;
- Фосфора букӀана рокьул бищи́ Афродитал нухмалъукь;
- Стилбон, жиндир хехаб хьвадигун, букӀана баща́зул ругьлахъан, пиччилги, цӀалдолги бищи́ Гьермесил кверщаликь.[4]
Баянал
[хисизабизе | код хисизабизе]МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ "IAU 2006 General Assembly: Result of the IAU Resolution votes". International Astronomical Union. 2006. Архивация оригинал, 2012-07-04. Щвей 2009-12-30.
- ^ "Working Group on Extrasolar Planets (WGESP) of the International Astronomical Union". IAU. 2001. Архивация оригинал, 2012-07-04. Щвей 2008-08-23.
- ^ Huxley, Margaret (2000). "The Gates and Guardians in Sennacherib's Addition to the Temple of Assur". Iraq. 62: 109–137. doi:10.2307/4200484. ISSN 0021-0889. JSTOR 4200484. S2CID 191393468.
- ^ a b Evans, James (1998). The History and Practice of Ancient Astronomy. Oxford University Press. гьгь. 296–297. ISBN 978-0-19-509539-5. Щвей 4 фебруар 2008.
Линкал
[хисизабизе | код хисизабизе]- NASA'лъул фотожурнал (инг.)
- NASA Planet Quest — экзопланеталъул цӀех-рех гьаби Архивация 2011-02-25 Wayback Machine (инг.)