Обор
Обо́р, яги Убу́р, яги Угу́р — шималиял аваразул мифологиялъул персонаж.
Сипат-сурат
[хисизабизе | код хисизабизе]ГьитӀинав васасда яги херав виццатккарав чиясда релълъараб, хӀо чилъун жиб кколареб, рижи-макъар кисали лъалареб персонаж. Гьеб III классалда ккола (хӀайванал, жал гъорлӀе унеб).
ХӀакъалъулӀ маргьа
[хисизабизе | код хисизабизе]Оборилги цо хъахӀбилги ккараб лӀугьа-бахъул история буго. Жиндир рогьоб кӀоченабе бода йин абун гьасда аскӀое ячӀуна цо хӀалчорокай чӀужугӀадан, хӀо Оборица букӀарабги рогьоб цӀикӀкӀинабула гьалъул. Гьеб жо сабалъун гъой гӀодизе байбихьарайго, Обор гьелде белъула, жинца гурин мун рогьодаса яцӀадайизе кколей инги абун. Гьенисан бачӀараб букӀине ккола «хъахӀба гӀодун, обор белъун» абураб фразеологизмги. Гьелъул магӀна хӀого маргьада гӀемерго хурхараб гьечӀо: гӀодизе кколей гӀодичӀого, гӀодизе кколарей гӀодулей йиго (кӀигьумерлъи бихьизаби).
Этимология
[хисизабизе | код хисизабизе]Обо́р абураб рагӀул хӀарпккунаб магӀна ккола «гогь; гогьач, кӀарччан», обо́раб «гогьаб; кӀарччанаб» абураб адъективалдасан лӀугьараб (гьаниб: «сихӀирго тӀадбелъулеб жо»).