Перейти к содержанию

Нилалъул делта

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал


NASAялъул спутникалдаса бахъараб Нилалъул Дельтаялъул сурат (кьерал жиндирго гурел)
Нилалъул Дельта къасе мехалъ, ХКСялдаса бихьулеб хӀалалда. Октябр, 2010.

Нилалъул делта (гӀараб: دلتا النيل Delta an-Nīl яги жибго الدلتا ad-Delta) буго Гьоркьияб Египеталда бугеб, Нил гӀор гӀаркьалабазде биххун Ракьдагьоркьосеб ралъадалъе чвахулеб бакӀалда лӀугьараб делта. Гьеб буго дунялалда ругел бищун кӀудиял гӀоразул делтабазул цояб. Гьелъ Ракьдагьоркьосеб ралъдал рагӀалалъул ккола бакътӀерхьуда Алискандериялдаса бахъараб бакъбаккуда Бур-СагӀидалде щвезегӀан 240 км (150 мил), во гьеб буго бечедаб росдал магӀишаталъул икълим. Хьундаса бакъдехун делтаялъул халалъи буго гӀага-шагарго 160 кm. Делта байбихьула Къагьиралдаса цодагьаб гъоркьегӀан.[1] Цебе делта гӀуцӀун букӀана 8 гӀаркьелалъ, гьанже гьезул хутӀун буго 2 кӀудияб гӀаркьел.

Нил гӀорги делтаги

Хьундаса бакъдехун рахъалде дельтаялъул халалъи буго 160 км; бакътӀехьудаса бакъбаккуда гьелъ кколеб ралъдал рагӀаллъиялъул халалъи буго 240 км. Делта бикьун буго кӀиго аслияб гӀаркьелалъ — Думияталъул ва Рашидалъул гӀаркьалабаз,[2] жалги Ракьдагьоркьосеб ралъдалъе гьел портазулал шагьаразда аскӀосан чвахулел. Цере гьел гӀаркьалабазул къадар букӀана 8, амма гьел тӀагӀана Нилалъул чвахуда кколеб хӀалалъ халкквей гьабидал, реьеф хисидал. Гьединаб тӀагӀараб гӀаркьелалъул цояб кола Вади Тумилат.

  1. ↑ Zeidan, Bakenaz. (2006). The Nile Delta in a global vision. Sharm El-Sheikh.
  2. ↑ John Cooper (30 септембер 2014). The Medieval Nile: Route, Navigation, and Landscape in Islamic Egypt. The American University in Cairo Press. гь. 76. ISBN 978-977-416-614-3.