Перейти к содержанию

Мацуо Башо

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Мацуо Башо́ (松尾 芭蕉; япон абулеб куц: [ma.tsɯ.o (|) ba.ɕoː],[1] 1644 – новембер 28, 1694);[2] гьавидал Мацуо Кинсаку (松尾 金作), хаду Мацуо Чуэмон Мунефуса (松尾 忠右衛門 宗房) гӀадин лъалев[3] вукӀана Эдо периодалъул бищун цӀар рагӀарав япон поэт. ЧӀаго вукӀаго Башое цӀар щвана гьайкай-но ренга формалда гьарурал жиндирго хӀалтӀабазухъ; жакъа, комментариязул нус-нус сон индал, эв рикӀкӀун вуго хьайкуялъул (домехалъ гьоку–йилан букӀараб) бищун кӀудияв устарлъун. Эв гьединго лъикӀ лъала жиндирго нухда хъвай-хъвагӀабаздалъунги, бакътӀерхьуде, Кийотоялдеги, Нараялдеги ун хадуса хъвараб Гьорогъараб скелеталъул рахъалъ хъвай (1684) абураб асаралдаса байбихьун.[4] Мацуо Башол поэзия дунялаллдаго лъала, Япониялда эсул кучӀдузул гӀемерисел хъван рукӀуна монументаздаги традициониял месаздаги. БакътӀерхьуда Башо жинирго гьокуялдалъун машгьурлъаниги, эс жинцаго рикӀкӀунаан жиндир бищун лъикӀаб хӀалтӀи ренкуялда нухмалъилӀги гӀахьаллъулӀги бугилан. Эс жинцаго абухъе, "Жиндир гӀемерал хадухъабазда кӀола дидаго гӀадин лъикӀ гьоку хъвазе. Унгоги дун щив вугевали дица бихьизабула гьайкай кучӀдул херхиналъулӀ."[5]

  1. ^ Kindaichi, Haruhiko; Akinaga, Kazue, редл. (10 март 2025). 新明解日本語アクセント辞典 (мацӀ: японский) (2nd ред.). Sanseidō.
  2. ^ Bashō: Encyclopædia Britannica
  3. ^ 松尾芭蕉 (мацӀ: японский). The Asahi Shimbun Company. Щвей новембер 22, 2010.; 芭蕉と伊賀上野. 芭蕉と伊賀 Igaueno Cable Television. Щвей новембер 22, 2010.
  4. ^ Norwich, John Julius (1985–1993). Oxford Illustrated Encyclopedia. Judge, Harry George., Toyne, Anthony. Oxford [England]: Oxford University Press. гь. 37. ISBN 0-19-869129-7. OCLC 11814265.
  5. ^ Drake, Chris (2012). "Bashō's 'Cricket Sequence' as English Literature". Journal of Renga & Renku (2): 7.