Перейти к содержанию

Леди Гага

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Сте́фани Джоа́нн Анджели́на Джермано́тта[a] (гьаюна 1986 сонил 28 марталъ Нью-Йоркалда), Ле́ди Га́га йин абун киназдаго лъалей, — америкалъул кочӀохъан, кучӀдузул автор, продюсер, филантроп, актриса. Индустриялда жиндир универсаллъудалъун цӀар рагӀарай, эй йиго популарияб музикалда рагӀи билӀарай фигуралъун.

ГӀага-шагарго 170 миллион ре́корд бичигун, Гага йиго жиндир бищун ричун унел хӀалтӀаби ругел музикадул продюсеразул цояй, эй ккола цохӀо йигей артист, жиндир ункъабго сингл 10 миллион копиялдаса гъоркье ккечӀеб тиражалда бичун уней кибго дунялалда. АнлӀго элъул студияб албумалъул дебют букӀана американ Billboard 200 чарталъул тӀогьиб. Эй хъвалей йиго киналниги мехазул бищун кӀудиял артистазулӀе батӀи-батӀиял публикациябаз. Элъие щварал руго 11 Гремми премия, кӀиго Меседил глобус премия, 18 MTV Video Music Awards премия. Элъул бизнес-проектазда гъорлӀ руго веганаб косметикияб бренд Haus Labs, 2019 соналъ биччараб.

Пластинкаби бичаралда гин социалияб медиалъул метрикалда рекъон, 2011-лъ Леди Гагаде «Поп-музикалъул къиралай» ян абуна Rolling Stone журналалъул рейтингалда.[1]

  1. ^ инглис: Stefani Joanne Angelina Germanotta, /ˈstɛfəni ˌdʒɜːrməˈnɒtə/
  1. ^ Molanphy, Chris (юн 29, 2011). "Introducing the Queen of Pop". Rolling Stone. Архивация оригиналалдаса, новембер 26, 2011. Щвей новембер 27, 2011.