Перейти к содержанию

Латин алфабет

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Латин алфабет
Хъвавул тип
Мех
гІ-ш. 700 НЩ – гьанжеги
Официалаб хъвайРоман Республика гин Роман империя
МацӀалЛатин
Хурхарал хъваял
Эбелал системаби
Лъималал системаби
ГӀемерисел латинал алфабетал; гьединго батӀи-батӀиял системаби, лӀугьен латиналдаса бугел, осаж гӀадал
Бацал системаби
ISO 15924
ISO 15924Latn (215), ​Latin
Юникод
Юникод цӀар
Latin
Ралагье: Латин хъвай Юникодалда
 Гьаб макъалаялда руго Интернационалаб фонетикияб алфабеталъул (ИФА) ругел фонетикиял транскрипцияби. ИФАлъул гӀужразул байбихьул нухмалъал рихьизе ралагье Квеки:ИФА. [ ], / / яги ⟨ ⟩ малъазда гьоркьоб батІалъи лъазе, ралагье ИФА § Малъал ва транскрипциялъул рикьел.

Латин алфавит, гьединго роман алфавит абунги лъалеб, ккола тӀоцебе некӀсиял ромаз латин мацӀ хъвазе хӀалтӀизарулел рукӀарал хӀарпазул тартиб. Аслияб куцалъ хисизабичӀеб, чанго хӀарп батӀа гьабун — элги ⟨J⟩ гьабураб ⟨I⟩-ялдаса, ⟨U⟩ лӀугьараб ⟨V⟩-ялдаса — тӀаде ⟨W⟩ гӀадинал журайгун, диакритикалгун хӀарпал гӀадинаб гӀатӀилъелгун, эб латин хъвавул форма буго хӀалтӀизабулеб Европалъулги, Африкалъулги, Америкалъулги, Океаниялъулги цӀикӀкӀанисел гьанжесел мацӀазе. Элъул кьучӀаб гьанжесеб инвентори буго стандарлъизабун ISO базикияб латин алфабет гӀадин.

Латин алфабет абураб термин гӀахьалаб букӀине бегьула яги латин мацӀ хъвазе хӀалтӀизабулеб алфавиталъе (гьаб макъалаялда бицунедухъ), яги цогидал алфабетазе, жидер кьочӀокь латин хъвай-хъвагӀи, жибги классикияб латин алфабеталдасаги лӀугьарал батӀи-батӀиял алфабетазе гӀаммаб хӀарпазул аслияб дандеруссин, бугел, масала, инглис алфебет гӀадинал. Гьел латин-хъвавул алфабетазда рукӀине бегьула хӀарпал нахъе рехун, ротокас алфабеталда гӀадин, яги цӀиял тӀаде журан, дан гин норвег алфабетазда кинниги. ХӀарпазул куц-мухъ цебетӀуна чанги гӀасруялда жаниб, гьездаго гьоркьоб гьоркьохъел гӀасрабазул латиналъул мухъилал формаби, жал классикалъул периодалъул алфабеталда рукӀинчӀел.

Латин алфабет лӀугьана визуалго релълъараб этруск алфабеталдаса, жиб бачӀараб грек аллфабеталъул кумай грек версиялдаса, жибго грек лӀугьана финикияб алфабеталдаса, египтиял иероглифаздаса бачӀараб.[1] Этрусказ кверщел букӀана цебесеб Ромалда; эзул алфавит цебетӀуна Ромалда хадусеб гӀасрабазда жаниб, латиназул алфавит бахъизегӀан. Гьоркьохъел гӀасрабазда латин алфавит хӀалтӀизабулеб букӀана (цо-цо мехалъ хиса-баси гьабун) романаниял мацӀал хъвазе, жалго эл ккола латиналъул битӀахъеял раталилал, гьединго келт, германиял, балтиялъул ва цо-цо славиял мацӀазулги. Колониализмалъул гин христианаб евангелизмалъулги мехгун, латин хъвай-хъвагӀай тӀибитӀана Европаялдаса къватӀибехун, хӀалтӀизабизе лӀугьана кьолболал американиял, автралиял, австронезиял, африканиял мацӀал хъвазе. Дагьалъ цебегӀан байбихьун, лингвистазул гьединго буго тенденция латин хъвай яги интернационалаб фонетикияб алфабет (жибго аслияб куцалъ латин хъвавуда бугеб) тӀаса бищиялде, европиял гурел мацӀазул транскрипцияби гьарулелъул яги хъвавулал стандартал гӀуцӀулелъул, мисалалъе, африкан эталонияб алфабет .

ГӀужалги аббревиациябиги

[хисизабизе | код хисизабизе]

Латиналда диакритикиял гӀужал хӀалтӀизарулел рукӀинчӀониги, рагӀаби къотӀиялъул гӀужал (гӀемериселъ, къотӀараб рагӀуда тӀад яги тӀарамагъада лъолаан) цӀакъ гӀемер рукӀана. Гьеб гуребги, гӀемерго хӀалтӀизарулаан къокъ гьарурал яги цоцада тӀад-гъоркь хъварал гьитӀинал хӀарпал. Элъие гӀилл букӀана текст ганчӀида хъвазе бугони, хъвазесел хӀарпазул рикӀкӀен дагьлъи, кагътида яги пергаменталда бугони, цӀикӀкӀун бакӀ цӀуни. Гьеб гӀадат гьоркьохъел гӀасрабаздагицин букӀана билӀун. Руго нус-нус симболалги абревиатурабиги, гӀасруялдаса гӀасруялде батӀи-батӀиял.[2]

Аслияб куцалъ рикӀкӀуна романаз хӀалтӀизабулеб букӀараб латин алфавит бачӀанилан басрияб итал алфабеталдаса, этирусказ хӀалтӀизабулеб букӀараб. Доб алфабет лӀугьун букӀана Кумаязда хӀалтӀизабулеб букӀараб эвбоялъул алфабеталдаса, жибго финикияб алфабеталдаса бачӀараб.[3]

Басрияб итал алфабет

[хисизабизе | код хисизабизе]
Duenos inscription
Дуэносалъул хъвай-хъвагӀай, НЩ VI гӀасруялдалъун чӀезабула къо-моцӀ, бихьулеб букӀана некӀсияб латиназул алфавиталъул бищунго цебесеб лъалеб форма.
Басрияб итал алфабет
ХӀарпал 𐌀 𐌁 𐌂 𐌃 𐌄 𐌅 𐌆 𐌇 𐌈 𐌉 𐌊 𐌋 𐌌 𐌍 𐌎 𐌏 𐌐 𐌑 𐌒 𐌓 𐌔 𐌕 𐌖 𐌗 𐌘 𐌙 𐌚
Транслитерация A B C D E V Z H Θ I K L M N Ξ O P Ś Q R S T Y X Φ Ψ F

Архаикияб латин алфабет

[хисизабизе | код хисизабизе]
Архаикияб латин алфабет
Басрияб италалъул гӀадин 𐌀 𐌁 𐌂 𐌃 𐌄 𐌅 𐌆 𐌇 𐌉 𐌊 𐌋 𐌌 𐌍 𐌏 𐌐 𐌒 𐌓 𐌔 𐌕 𐌖 𐌗
Латиналъул гӀадин A B C D E F Z H I K L M N O P Q R S T V X

Басрияб латин алфабет

[хисизабизе | код хисизабизе]

Латиналъ гъорлӀе бачунаан 21 батӀагояб хӀарп. ⟨C⟩ хӀарп букӀана греказул гаммаялъул бакътӀерхьул форма, хӀо эб хӀалтӀизабулаан /ɡ/ гин /k/ гьаркьазе, батизе бегьула, жиндир зирарал плозивал рукӀунгутӀун ратизе бегьулеб этруск мацӀалъул асаралда гъоркь. Хаду, НЩ III гӀасруялда, батизе бегьула, ⟨Z⟩ хӀарп – латин кколедухъ хъвазе жиб къваригӀинчӀеб – хисана цӀияб ⟨G⟩ хӀарпалъ, гьитӀинабго вертикалаб хӀуччидалъун хисизабураб ⟨C⟩, жиндирго бакӀ алфабеталда ккураб. Гьелдаса нахъе, ⟨G⟩-ялъ бихьизабулеб букӀана зирараб плозив /ɡ/, гьебго мехалда, ⟨C⟩ букӀана хӀалтӀизабулеб гӀаммаб куцалъ гъугъаб плозив /k/ бихьиабизе . ⟨K⟩ хӀарп хӀалтӀизабулеб букӀана лъедерго, дагьалго рагӀабазда, масала, Kalendae, гӀемериселъ ⟨C⟩-гун цоцад хисун.

Басрияб латин алфабет
ХӀарпал A B C D E F Z G H I K L M N O P Q R S T V X

Классикияб латин алфабет

[хисизабизе | код хисизабизе]

НЩ I гӀасруялда румаз Греция бахъун хадуса, латиналде рачана грек ⟨Y⟩ гин ⟨Z⟩ хӀарпал (яги нахъоги къабул гьабуна, тӀарамагъадиселъул рахъалъ) грекалдаса рачӀарал рагӀаби хъвазе, эл алфабеталъул тӀарамагъада лъуна. Клавдиус императорасаул тӀадеги лъабго хӀарп ⟨Ↄ, Ⅎ, Ⱶ⟩ билӀинабиялъул хӀалбихьул жо ккечӀо. Гьед классикияб латиналъул мехалда латин алфабеталда букӀана 21 хӀарп гин 2 къватӀисеб хӀарп:

Классикияб латин алфабет
ХӀарп A B C D E F G H I K L M N O P Q R S T V X Y Z
Латин цӀар (маюс) á é ef el em en ó q er es ix ꟾ graeca zéta
Транслитерация ā ē ef ī el em en ō er es ū ix ī Graeca zēta
Латин абул куц (ИФА) beː keː deː ɛf ɡeː haː kaː ɛl ɛm ɛn peː kuː ɛr ɛs teː iks iː ˈɡraɪka ˈdzeːta
ТӀоцебесеб гӀасруялъул гьеб хъвай-хъвагӀаялъул апексал цӀакъ канал руго. (Цояб буго ó-ялда тӀад, тӀоцебесеб мухъда.) Рагьараб I хъван буго борхаго, аппекс лъечӀого. Интерпунктал руго вергол-бегӀаб, жибго тайпадулаб лъабокӀнила бегӀ цебетӀейлъун кколе. Гьеркуланумалда бугеб Августалазул зияраталдаса .

Гьел хӀарпазул цо-цоязул латин цӀарал руго диспутиял; масала, ⟨H⟩ абулеб куц букӀун батизе бегьула [ˈaha] яги [ˈaka]. Румаз хӀалтӀизарулел рукӀинчӀо (самияб лӀугьин бугел) традициониял цӀарал, грек мацӀалда гӀадин: плозивазул цӀарал лӀугьунаан эзул гьаркьаде /eː/ жубан (гьоркьоса бахъи букӀана ⟨K⟩ гин ⟨Q⟩, эл ⟨C⟩-ялдаса ратӀа гьаризе батӀиял рагьарал къваригӀунаан) ва континуантазул цӀарал гӀуцӀун рукӀана яги гӀицӀгояб гьаракьидаса, яги жидеда цебе /e/ бугел гьаркьаздаса.

Жиб билӀинабураб мехалда, ⟨Y⟩ хӀарпалда букӀун батизе бегьула "hy" /hyː/ абулеб, грек мацӀалда гӀадин, греческом языке, юпсилон цӀар жеги букӀинчӀо, хӀо эб хисизабуна i Graeca («грек и») абун, латиналда кӀалъалезе захӀмат букӀун элуъл къватӀисеб /y/ гьаракь батӀа гьабизе /i/-ялдаса . ⟨Z⟩-ялъе кьун букӀана элъулго грек цӀар, зета . Гьеб схема хӀалтӀизабулеб буго латин алфавит билӀинабурал гьанжесеб Европалъул гӀемерисел мацӀазги. БатӀи-батӀиял хӀарпаздалъун рихьизарурал латин гьаркьазе балагье латин хъвавулги абулги куц.

Лъабго рахъалъул формаялъул гьоркьоблъи бугеб хъвай-хъвагӀай

Лъалхъул ишарабазул аслияб гӀаламатлъун букӀана интерпункт, гьеб хӀалтӀизабулеб букӀана рагӀабазда гьоркьоб, эб хӀалтӀизабиялдаса ана 200леб соналдаса хадуб.

Басрияб роман курсивияб хъвай, жинда гьединго маюскулияб гин капиталияб курсив–ан абулеб, букӀана кверахъвавул къойилгояб формалъун, жиб кагътал хъвазе хӀалтӀизабулеб даранчагӀаз бизнесалъул хӀисаб гьабулаго, латин алфавит лъазабулел школлъималаз, гин коммандаби кьолел императоразцин. Хъвавул цӀикӀкӀун формалаб куц букӀана роман квадратал капителазул кьучӀда, хӀо формалаб гуреб хъвавуе хӀалтӀизабулеб букӀана курсив. Бищунго гӀемер гьеб хӀалтӀизабулеб букӀана гӀага-шагарго НЩ I гӀасруялдаса III гӀасруялде щвезегӀан, хго ьеб букӀун батизе бегьула гьелдаса цебеги. Эб бачана унциалалде, IIIVIII гӀасрабазда латин гин грек хъвадарухъабаз хӀалтӀизабулеб букӀараб маюскулияб шрифталде. Тиронилал нотаби рукӀана стенографияб система, жиб аза-азар ишаралдаса гӀуцӀараб.

ЦӀияб роман курсивияб хатӀ, гьедино минускулияб курсив абунги лъалеб, хӀалтӀизабулеб букӀана III-даса VII гӀасруялде щвезегӀан, гин элда хӀалтӀизарулаан гьанжесел беразда цӀикӀкӀун лъалел хӀарпазул формаби; ⟨a⟩, ⟨b⟩, ⟨d⟩, гин ⟨e⟩ хӀарпаз босун букӀана дагьабги ругьунаб бегӀ, цогидал хӀарпал рукӀана цоцазе пропорционалал. Гьеб хъвай-хъвагӀи цебетӀуна гьоркьохъел гӀасрабазул батӀи-батӀиял регионалиял шрифтазде (масала, меровингазул, висигот гин беневант хъваял), хаду эл хисана каролингазулаб минускулалъ.

Гьоркьохъел гӀасрабазда ва хадусеб цебетӀей

[хисизабизе | код хисизабизе]
Нюрнбергалдаса жетон, гӀ-ш. 1553

Гьоркьохъел гӀасрабазда гурони латин алфабеталде тӀаде жубачӀо ⟨W⟩ хӀарп (кӀиго ⟨V⟩-алъул лигатура гӀадин лӀугьараб), жиб букӀараб гьоркьохъел гӀасрабазул латин мацӀалда гьечӀел германиял мацӀазул гьаркьал рихьизаризе, ва цохӀо Ренессансалдаса хадуб билӀана ⟨I⟩ гин ⟨Uрагьарал гӀадин, ⟨J⟩ гин ⟨Vрагьукъал гьаркьал гӀадин хал гьабиялъул балъ. Гьелде щвезегӀан тӀоцересел рукӀана тӀарамагъадисезул аллографаллъун.

Политикияб кверщел бикь-бикьиялдалъун, хъвавул куц хисана ва цӀакъго батӀи-батӀияб букӀана тӀолго гьоркьохъел гӀасрабазда жаниб, басмахана ургъун хадубцин. Классикиял формабаздаса цебесеб гьетӀиги букӀана унциалаб хъвай, жиб басрияб роман курсивалъул цебетӀейлъун кколеб, ва батӀи-батӀиял минускулал жидеда абулел хъвайял, жал цӀияб роман курсивалдаса лӀугьарал, эзда гьоркьоса ирланд литератораз цебетӀезабураб инсулярияб хъвай гин элдаса лӀугьарал, каролингияб минускул гӀадал, рукӀана бищун асар бугел, эз билӀинабула мухъил хӀарпал хӀалтӀизариги, гьединго цогидал хъваул конвенцияби, жал гьелдаса нахъе стандарталлъун лӀугьарал.

Латин хъвай хӀалтӀизабулел мацӀазда аслияб куцалъ абзацалги цъебелъелалги, кьурал цӀарал хъвала кӀалалда бетӀерал хӀарпал хӀалтӀизарун. Мехалдасан капитализациялъе асасал хис-хисана, батӀи-батӀиял мацӀазда батӀи-батӀиял рукӀана бетӀераб хӀарп хъваялъул куцал. Масала, аваралъул латин хъвавул тӀоцебесеб версиялда рукӀинчӀо бетӀерал хӀарпал,[4] эл рилӀинаруна нахъа. Басрияб инглисалда, лъедерго гурони хъвалароан кьурал цӀаралцин бетӀераб хӀарпалдалъун, хӀо 17леб гин 18леб гӀасрабазул модерн инглис хъвадарухъабаз ва басмачагӀаз гӀемерелъ хъвалаан цӀикӀкӀанисел рагӀаби ва цо-цо мехалъ киналго цӀаралги бетӀераб хӀарпалдалъун.[5] Гьеб стил жеги-жеги буго хӀалтӀизабулеб гьанжесеб герман мацӀалда.

  1. ^ Michael C. Howard (2012), Transnationalism in Ancient and Medieval Societies. p. 23.
  2. ^ Cappelli, Adriano (1990). Dizionario di Abbreviature Latine ed Italiane. Milano: Editore Ulrico Hoepli. ISBN 88-203-1100-3.
  3. ^ "Etruscan alphabet | Etruscan Writing, Ancient Scripts & Language | Britannica". www.britannica.com (мацӀ: английский). Щвей 2025-03-21.
  4. ^ debirop, m. (1928). avar alipba. Махач-Кала: ЦК НДА.
  5. ^ Crystal, David (4 август 2003). The Cambridge Encyclopedia of the English Language. Cambridge University Press. ISBN 9780521530330 – via Google Books.

ТӀадеги цӀализе

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • Jensen, Hans (1970). Sign Symbol and Script. London: George Allen and Unwin Ltd. ISBN 0-04-400021-9. Transl. of Jensen, Hans (1958). Die Schrift in Vergangenheit und Gegenwart. Deutscher Verlag der Wissenschaften., as revised by the author
  • Rix, Helmut (1993). "La scrittura e la lingua". Ин Cristofani, Mauro (hrsg.) (ред.). Gli etruschi – Una nuova immagine. Firenze: Giunti. гьгь. S.199–227.
  • Sampson, Geoffrey (1985). Writing systems. London (etc.): Hutchinson.
  • Wachter, Rudolf (1987). Altlateinische Inschriften: sprachliche und epigraphische Untersuchungen zu den Dokumenten bis etwa 150 v.Chr. Bern (etc.).: Peter Lang.
  • Allen, W. Sidney (1978). "The names of the letters of the Latin alphabet (Appendix C)". Vox Latina – a guide to the pronunciation of classical Latin. Cambridge University Press. ISBN 0-521-22049-1.
  • Biktaş, Şamil (2003). Tuğan Tel.

КъватӀисел линкал

[хисизабизе | код хисизабизе]