ЖахӀпарилазул МухӀамад

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Джафаров Магомед (гӀурус мацӀалда)
Кудалиса ЖахӀпарилазул МухӀамад

ЖахӀпарилазул МухӀамад (Джафаров Магомед - гӀурус мацӀалда) ккола гӀурус пачаясул аскаралъул гӀабицар, полковник цӀар щварав.

Гьавурав бакӀ[хисизабизе | код хисизабизе]

ЖахӀпарилазул МухӀамад гьавуна 1884 соналда иххазулъ (апрел) моцӀалъул 1-себ къоялда Дагъистан улкаялда Гъуниб мухъалда бугеб Кудалиб росулъ. Гьесул эмен ЖахӀпар ХӀажи вукӀана гӀурус пачаясул гӀабицар, инсул эмен вукӀана Имам Шамилил наиб. ЖахӀпар ХӀажил букӀана кӀудияб хъизан: 3 чӀужуги, 9 лъималги.

Рагъул хъулухъ[хисизабизе | код хисизабизе]

1890 соналда инсуца кӀиго вас МухӀамадги ШапигӀги Шурагьаре ритӀула цӀализе. ЦӀалун лъугӀаравго МухӀамад уна 2-б Дагъистаналъул рекӀаразул полкалде. Гьеб полкалда МухӀамад вукӀана рекӀаравлъун. 1905 соналда хъвехъарулъ (декабир) моцӀалда 2 къоялда гьесие кьуна орден Япониягун рагъул заманаялда бихьизабураб бахӀарчилъиялъухъ. Рагъ лъугӀун хадуб МухӀамад витӀула Елисаветгарадалда (Совет ХӀукуматалъул заманаялда Киравгарад) бугеб рекӀаразул училищалде юнкерлъун.

1907 соналда Елисаветгарадалда цӀалун лъугӀун хадуб МухӀамад витӀула Байкалалда нахъа бугеб хъазахъазул Нерчиналъул полкалде хорунжи цӀарги щун. ТӀоцебесеб Дунялалъул рагъ байбихьарабго МухӀамад витӀула 1-себ Дагъистаналъул рекӀаразул полкалде. Рагъул рахъалъ гӀемерал шапакъатал щварав чи вуго МухӀамад.

Хъизан[хисизабизе | код хисизабизе]

ЖахӀпарилазул МухӀамадил чӀужу йикӀана Елена Гогоберидзе. Гьейгун лъай-хъвай гьабуна Шурагьалда.

ГӀумру[хисизабизе | код хисизабизе]

ЖахӀпарилазул МухӀамад

ЖахӀпарилазул МухӀамадида лъикӀго лъалел рукӀана Таргъуялъаса НухӀбек, ГьоцӀоса Нажмудин, Жалалудин Къоркъмасов, ДахӀадазул МахӀач ва цогидал доб мехалда цӀар рагӀарал гӀадамал. Жиб-жиб къокъа доб мехалда МухӀамад жиндирго рахъалде цӀазе бокьун букӀана, щайгурелъул МухӀамад вукӀана махщелги вугев рагъухъан, рагъул иш гьесда лъикӀго лъалеб букӀана. ДахӀадазул МахӀачица ахӀулев вукӀана ЖахӀпарилазул МухӀамад, МухӀамадица инкар гьабуна. Доб мехалда букӀараб МугӀрузулаб ХӀукуматги гьес гьедин къабул гьабичӀо. Цо заманаялда ХӀоцоса Нажмудинил рахъалда вукӀана, хадуб тана гьес гьев.

1918 соналда туркал Дагъистаналдаса арал мехалда МугӀрузулаб ХӀукуматалъ ЖахӀпарилазул МухӀамад тӀамуна Чачаналъул БетӀерлъун, гьединго Чачаналъул аскаралъул БетӀерлъун. Доб мехалда Чачанлъул Сунжахъалаялда букӀана Деникинил аскар, амма гьеб аскар Чачаналде жанибе биччачӀо МухӀамадил бетӀерлъиялда букӀараб аскаралъ.

Хадуб МухӀамад 1-себ Дагъистаналъул полкалъул бетӀерлъун вагъула Царицин абулеб бакӀалда, гьеб рагъ лъугӀун полк Дагъистаналде бачула.

Къимат бугев чи вукӀана ЖахӀпарилазул МухӀамад. Ингилисалъул вакиллъиялъул бетӀерас МухӀамад ахӀулев вукӀана Гьиндистаналде лъикӀаб хъулухъалде, амма МухӀамадица инкар гьабуна, жив гьанив къваригӀун вугин абун.

Амма гьесул къисмат батӀияб букӀана. Совет хӀукумат бергьун хадуб гьев туснахъалде жанивги тӀамун, хӀукму къотӀана МухӀамад чӀвазе. 1937 соналда раччарулъ (ноябир) моцӀалда 3 къоялда МухӀамадги ва гьесда цадахъ туснахъалда рукӀарал 16 чи чӀвана.

Аллагьас мунагьал чураги гьесул. Амин.

Линкал[хисизабизе | код хисизабизе]

1. http://www.gazavat.ru/history3.php?rub=30&art=268

2. https://www.litres.ru/static/trials/08/68/37/08683777.a4.pdf

3. https://fictionbook.ru/author/sbornik/polkovnik_magomed_djafarov/read_online.html?page=2

4. http://www.rumvi.com/products/ebook/полковник-магомед-джафаров/bcc502e2-d985-43ca-bb27-db9a76254675/preview/preview.html