Джейн Остин
Джейн О́стин (инглис: Jane Austen, /ˈɒstᵻn, ˈɔːstɪn/; 16 декембер 1775 – 18 юл 1817) йикӀана инглис новелист, жиндир цӀар рагӀарай анлӀго новелалдалъун, жиндилӀ XVIII гӀасруялъул ахиралъул инглис ракьугьабазул (ракьазул джентри) гӀумруялъул хъвалсараб интерпретацияги, критикаги, комментарийги гьаби бугеб.
Остинил сужетаз хал гьабула руччабазул лъикӀаб социалаб бакӀалдеги экономикияб хӀинкъаликълъудеги хадуиналда ригьнада ран рукӀиналъул. Элъул хӀалтӀаби руго XVIII гӀасруялъул кӀиабилеб бащалъул сентименталал новеллабазул бахчараб критика, гин эл ккола XIX гӀасруялъул литературияб реализмалде иналъул бутӀа.[1][a]
Остиница аслиял новелаби хъвана 22 сон балалде, амма элъул публикация букӀинчӀо 35 сон базегӀан. Анонимго къватӀире риччарал Sense and Sensibility (1811), Pride and Prejudice (1813), Mansfield Park (1814), гин Эмма (1816) романазул букӀана рекъараб битӀккей, амма эз элъие публикияб рецц бачӀинчӀго чӀаго йикӀаго. (Эй лъалаан гьел новелабазул автор гӀадин цо-цо чагӀазда, эздаго гъорлӀ принц-реген гӀадал цӀар рагӀараздаги). Элъ хъвана кӀиго новелаги — Northanger Abbey гин Persuasion, киялъулго публикация гьабуна эй хун хаду 1817 соналъ, — байбихьун букӀан цогидабги, тӀарамагъада Sanditon илан жинда цӀар лъураб, хӀо эб хъван бахъинчӀого хутӀана, эй хведал. Элъ гьединго нахъе тана гӀолилазулал хъвай-хъвагӀаязул лъабго том манускриптазда, къокъаб эпистоларияб роман Lady Susan, гин лӀугӀизабичӀеб новела The Watsons.
Нотаби
[хисизабизе | код хисизабизе]Референсал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Макъалаби инглис-мацӀаб текстгун
- Гьумерал инглис ИФАгун
- Джейн Остин
- 1775 соналъ гьарурал
- 1817 соналъ хварал
- XVIII гӀасруялъул инглис новелистал
- XVIII гӀасруялъул инглис хъвадарухъаби
- XVIII гӀасруялъул инглис руччаби хъвадарухъаби
- XIX гӀасруялъул инглис новелистал
- XIX гӀасруялъул инглис хъвадарухъаби
- XIX гӀасруялъул инглис руччаби хъвадарухъаби
- Англикан хъвадарухъаби
- Инглис руччаби новелистал
- Гьэмпширалдаса хъвадарухъаби