Перейти к содержанию

ГӀахьалчи:СагӀид Ордашов

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

ГӀАГАРАБ РОСУ

Дир гӀагараб тӀалъи тӀадмагӀаруллъи, ТӀогьолал байдаби, берцинаб доб рохь. Рохьор жанир ругел цӀорорал иццал, Иххаз, лъараз кванан лъугьарал кӀкӀалал.

КӀкӀалабахъан эхе чвахулел лъарал, Лъималаца гьенир гьарулел хӀорал. ХӀайранлъизарулел хӀанчӀазул бакънал, Бакълъазда, мугӀрузда чӀоролидул кечӀ.

ЧӀечӀого гохӀазда ахӀдолеб гагу, ГохӀ-щобазда тӀадги тӀавусил бакънал, ТӀалабалъ мокъокъаз гьабулеб къвакъвай. Гьеб киналъго рекӀей гьабулеб асар.

Борхатаб магӀарде данде буссараб, Бакъуде керен кьун кьурда мугъ цураб. Цебе накӀкӀил рохьалъ рагӀад рехараб, РагӀуна беццулеб берцинлъи гӀемер.

Рорхатал сиртаца сангар тӀамураб, Сверухълъуда мегъал тӀогьолъ рацарал, ТӀабигӀат гьайбатаб, гьава бацӀцӀадаб, Берцинаб бакӀалда буго дир росу.

                                 * * *

Росдал рагӀаллъуда лъабго бакӀалда, Лъабнусго сон барал руго хабалал, Хвел гьечӀел бахӀарзал жудер занахъан Жеги ругин кколел ралагьун нилъехъ.

ЦӀар кьурди-кечӀалъе кибго рагӀарал, Кверзул махщалица машгьур гьарурал, МагӀарул яхӀ-намус бацӀад цӀунарал, ЦӀумазул рихьула цӀарал заназда.

Руго "КӀанчилъ" сиял кӀинус сонилал, КӀудиял рагъазул ругънал сахлъичӀел. Сверухъ биххун бугеб бихьула гамачӀ, Баччараб руччабаз мугъаздаги лъун.

Магъилъе хьвадулеб хьунлъул свераби, Хьунлъидул ссаназде сардилъ кколеб щуб, Щолеб чанцӀулго гьеб диде ракӀалде, РакӀ дир чанцӀул щолеб гьеб киналдего?

Дир гӀагараб тӀалъи тӀад ИчичӀали ТӀаса бищула мун кидаго дица. Дир лъимерлъиялъул лъалкӀал хутӀараб, ХутӀила мун рекӀелъ даим кидаго.

© САИД ОРДАШОВ