ГӀаймакиса Абубакар
ГӀаймакиса МугӀавиял Абубакар (1711, ГӀаймаки — 1797, ГьаракӀуни, Авария) — машгьурав авар гӀалимчи, шагӀир, жинца авар ва гӀараб мацӀалда асарал хъварав ва ирсалъе шаргӀалъул нухалде халкъ ахӀулеб вагӀза-насихӀаталъул 13 поэма тарав. Ккола авар хъвавулаб литератураялъе кьучӀ лъуразул цояв.[1]
Гьави ва хъизан
[хисизабизе | код хисизабизе]Абубакар-хӀажияв гьавуна 1711 соналда цебесеб Авариялъул ГӀаймаки росулӀ, гьанжесеб Хьаргаби мухъалда, МугӀавиял хъизаналда. Гьесул вукӀана кӀиго вац — ГӀабдуллагьги МухӀамадаминги. Гьезие щун букӀана доб заманалда рекъараб лъикӀаб бусурманаб лъайги, ва гӀемераб заманалъ гьел хӀалтӀана мударисаллъун.
«МажмагӀал-авбаш» абураб Абубакар-хӀажиясул тӀохьода хъван буго гьадин:
«Абубакар-хӀажиясул кӀудияв вац ГӀабдуллагь вукӀана гӀелмудул ралъдалъе вукъулев, лъаялъул гьунар битӀун бичӀчӀулев ва гӀелмудул пихъ бакӀарулев чи. ГьитӀинав вац МухӀамадамин – гӀалимчи, мухӀканал гӀелмаби (математика, механика ва ц.) лъалев чи».
Абубакар-хӀажиясул умумул ккола БуцӀра росулъа. Гьесул эмен МугӀавия гочуна БуцӀраса ГӀаймакиве. Гьев вукӀана лъикӀаб гӀелму бугев чи, ва ГӀаймакиб росулъ гьес малълъулаан гӀараб адабият. Абубакар-хӀажиясул эбелалда цӀар букӀана Сарат. Росасе мукӀурай, гьесда хадуй йилълъарай, гьелъ хӀаракат гьабулеб букӀана жиндирго лъималазе исламалъул кьучӀалда тарбия кьезе. акӀалъул гӀараб-бусурман маданияб ирс бакӀарарал ва гьелъул цӀех-рех гьабуразул цояв Гиничукьа ХӀайдарбегил Мансурица хъвавухъего, «Абубакар-хӀажиясул тухумалъ жиндирго байбихьи босула машгьураб Къурайш тухумалдаса, битӀахъего Маккаялдаса, хадур гьесул умумуз гьижра гьабуна Сириялде, ХӀалаб шагьаралде ва гьелдаса хадуб Дагъистаналде. Дагъистаналда Абубакар-хӀажиясул тухумалъул кӀудияв цин рещтӀана БуцӀра росулъ, гьениса – ГӀаймакив.
ГъалбацӀил вас, Сулейманил вас, ГӀабдул-дибирил вас, БуцӀраса МугӀавиял вас Абубакар-хӀажи – гьеб насаб, НурмухӀамадил МухӀамадил баяназда рекъон, кьун буго Абубакар-хӀажияс «ШархӀ ХӀазамийа» абураб жиндирго тӀохьол мужалаталда.
ГӀелму-лъаялъул нух
[хисизабизе | код хисизабизе]Жиндирго росулъ Абубакар-хӀажияс нахъа тана бусурман лъаялъул гӀадатал даражаби, гьитӀинаб мехалдаго гьесулъ загьирлъана лъай босиялде нахъ гӀунтӀиги гъираги. Жиндирго инсул нухмалъиялда гъоркь Абубакар-хӀажиясе щвана байбихьул лъай – гьес цӀалана Къуръан, лъазабуна гӀараб грамматика ва гӀараб гӀелмудул цогидал рахъалги.
Цудунго Абубакар-хӀажиясул инсуе загьирлъана васасул гьунарги жо лъазе бугеб хӀасратаб гъираги. Гьединлъидал гьес гьев витӀула ГьаракӀуниве, къади ва машгьурав мударис КӀаратӀаса КӀудияв Дибирихъе лъай камил гьабизе мурадгун. ГӀараб гӀелмудул батӀи-батӀиял рахъаздаса цо-цо асарал лъазарун хадуб, ХӀайдарбегил Мансурица хъвавухъе, «Абубакар-хӀажияс ячуна ГьаракӀуниса ГьитӀинасул яс ГӀайшат ва тӀадвуссуна жиндирго ГӀаймаки росулъе».
1731 соналда Абубакар-хӀажиясе гьавула вас, гьесда цӀарги лъола МухӀамадилан (ГьаракӀуниса СагӀидил эмен). МухӀамадие тарбияги лъайги щвана жиндирго инсудаса. ГьитӀинго бихьизабуна гьес гъираги бажариги гӀараб адабият лъазабизе, лъугӀизабуна цӀалун машгьурав гӀалимчи ГӀабдурахӀман Жамил «Жами» абураб грамматикияб тӀехь ва вахъана гӀалимчилъун. Амма МухӀамад хвана цӀакъго цудунго, 1764 соналда жиндирго вас СагӀид гьавун цодагьаб мехалдасан.
НурмухӀамадил МухӀамадица бихьизабухъе, Абубакар-хӀажиясул хутӀула гьитӀинав вас ГӀабдурахӀманги, гӀараб гӀелмуялде гъира букӀарав ва цо яс Аминатги, жий цо пуланав гӀаймакисасе росасе арай.
XVIII гӀасруялъул бащалъиялде ГӀаймаки росу лӀугьуна МагӀарухъго машгьаруб росулъун, жинда жанив гьев кӀудияв гӀалимчияс гӀумруги гӀелмуги гьабулеб букӀараб баракатаб бакӀлъун.
ХӀайдарбегил Мансурица хъвавухъего, гьесул заманалъул гӀадамаз Абубакар-хӀажияв рикӀкӀунев вукӀун вуго «ракӀ лъикӀав, сабру бугев, мухӀканав ва тӀабигӀат рекъарав чилъун. Гьесулъ букӀана вагӀза-насихӀат гьунаралъул кӀудияб пагьму ва цо-цо мехалъ жиндихъ гӀинтӀамурал чагӀи гӀодизе гьарулаан гьес. Буго бицен, гьев вукӀанин сундуего устарлъун, хӀатта лъикӀав къадахъанлъунги яргъил устарлъунги»-ян.
ВатӀан тун къватӀибе сапар гьаби
[хисизабизе | код хисизабизе]Кодоре щварал баяназда рекъон, Абубакар-хӀажияс чанго нухалъ сапар бухьун буго Бакъбаккул улкабазде хӀаж борхиялъул ва лъай камил гьабиялъул мурадалда. Гьел сапаразда вукӀаго, гьев щола доб заманалда ГӀусмани империялъул вилаяталлъун рукӀарал ГӀиракъалдеги, Шамалдегии ва цоги батӀи-батӀиял бакӀаздеги. Гьенив гьев дандчӀвала бакӀалъул гӀалимзабигун, лъай-хъвай гьабула гьел бакӀазул маданиятгун, гӀелмиял марказалгун, гьенир рукӀарал библиотекабигун.
ГӀаймакиса Абубакар-хӀажиясул цӀарги, гӀелмуги, гьунарги машгьураб букӀана Дагъистаналъул гӀурхъаби рахунги. Баянаб буго цо гьадинаб интересаб хӀужа Абубакар-хӀажиясул гӀумруялдаса М.-С. Саидовас бицараб: Цо нухалъ иргадулаб хӀажалдаса Гуржиялъул ракьалдасан ватӀаналде тӀадвуссунев Абубакар-хӀажияв, ГьерекӀли-ханас жиндихъего ахӀун, чанго къоялъ гьесие кӀудияб гьоболлъи гьабун буго. Гьединаб хинаб, хӀурматияб дандчӀваялдаса нечарав ва тамашалъи гьабурав магӀарулас гьикъун буго гьалъул магӀна щибилан. ГьерекӀли-ханас гьесда абун буго магӀарулаз ЦӀоралде гьарулел чабхъеназул кӀудияб заралги балагьги бугин гуржиязе ва гьикъун буго Абубакар-хӀажиясда, гьесул диналъ къабул гьабулищан гьединаб иш. Гьабуларин абун буго магӀарул гӀалимчияс, гьеб цӀакъ какараб жо бугин исламалда. Гьебмехалъ ГьерекӀлица гьарун буго Абубакар-хӀажиясда магӀарулазда гьоркьоб вагӀза-насихӀат гьабеян чабхъенал тезе, гьездаса инкар гьабизе. Гуржиязул ханасул гьариги къабул гьабун, рокъове тӀадвуссарав Абубакар-хӀажияс чабхъеназде дандечӀун, гьел какун, гьезул бугеб мунагьалъул бицун, хвезегӀан вагӀзаби-насихӀатал гьарулел рукӀун руго МагӀарухъ.
ГьаракӀуниве гочин
[хисизабизе | код хисизабизе]Лъалеб жо буго, 1764–1767 соназда Абубакар-хӀажияв жиндирго ГӀаймаки росулъа гочана мадугьалихъ бугеб ГьаракӀуни росулъе. Гьеб иш ккана гьесул вас, гьунар бугев гӀалимчи, 25 сон барав МухӀамад хун хадуб гӀемер заманго балелдего. Биценалда рекъон, МухӀамадил вас, вукӀинесев кӀудияв гӀалимчи СагӀидил гьеб мехалда букӀун буго лъагӀелгӀанаб заман.
ГӀагараб росуги тун, цогидаб бакӀалде Абубакар-хӀажияв гочиналъе НурмухӀамадил МухӀамадица бачунеб буго гьадинаб гӀилла:
«Цо нухалъ росулъ цо пуланаб берталъ Абубакар-хӀажиясул вас ГӀабдурахӀманил кӀалъай ккола мехтарал бихьиналгун, ва гьеб сверула гъалмагъиралде. Гьаниб абизе ккола гьел бихьинал рукӀанин Абубакар-хӀажиясул гӀагарал чагӀи. Гьелдаса хадуб гӀагарлъиялъулги гьесул хъизамалъулги гьоркьоблъи хола. Гьеб жеги хӀалуцине бокьичӀого, гьезда гьоркьоб дагӀба ккечӀого букӀине гӀоло, Абубакар-хӀажияс хӀукму гьабула хъизамгун цадахъ гӀагараб росу тезе ва жиндирго лъадул ГьаракӀуниве росулъе гочине».
ГьерекӀдерица цӀакъ лъикӀ, ракӀ-ракӀалъ къабул гьавула Абубакар-хӀажияв, загьир гьабула гьесдехун жидерго хӀурматги квербакъиги. Гьеб заманалда Абубакар-хӀажиясул букӀана 53 сон, гӀалимчиясе гьеб ккола жеги гӀолохъанлъиялъул гъира-жан тӀаса инчӀеб, завалияб гӀумру. Балагьараб мехалъ, чорхолъ витӀарав, рухӀалда жан бугев чиги вукӀун вуго гьев, гуревани кӀиго росдада гьоркьоб бугеб халатаб нухда лъагӀел барав гӀезегӀан кӀудияв васги ваччун инароан. Къадаралде щвезе жеги гьесие букӀана 26 сон, гьединлъидал гьесухъа бажарана цӀидасан жиндиргоги СагӀидилги гӀумру гӀуцӀизе, рес бугеб магӀишат гьабизе, мадрасаги рагьун, цӀар рагӀараб гӀелмияб центр лъун гьеб лӀугьинабизе. Гьесие кумекалъе къо бахъанагӀан гӀун вачӀунев вукӀана кӀудияв инсул бакӀ кквезе вугев СагӀидги.
Гъазигъумекиса ГӀабдурахӀманица жиндирго «РакӀалдещвеязул тӀехьалда» хъвалеб буго:
«Абубакар-хӀажияв ккола машгьарул дагъистаниял правоведазул, Дагъистаналда бусурбан культура пропаганда гьабуразул цояв, шагӀир, жинда грамматика, хӀадисал, фикъгьи лъазабулев букӀарав мадраса гӀуцӀарав ва гьенив дарсал кьолев вукӀарав».
Абубакар-хӀажиясул асарал ва библиотека
[хисизабизе | код хисизабизе]Абубакар-хӀажиясул букӀана бечедаб, къиматаб библиотека. Гьенир рукӀана 70 квералъ хъварал асарал, гьезда гьоркьор бусурбан правоялдасан, гӀараб мацӀалъул грамматикаялдасан, иллагьияталдасан, мантӀикъалдасан ва цогидал гӀелмабаздасан асарал, 18 асар живго Абубакар-хӀажияс цогидал асараздаса хъваралги. Гьесул библиотекаялда рукӀана 700–800 соналъ цере хъварал къанагӀатал ва некӀсиял асарал. Масала, Пахрудин ар-Разил «Анвар ат-Танзил» (XIII гӀасру), Абу ИсхӀакъ аш-Ширазил «ШархӀ ат-Танбигь» ва ц.
Абубакар-хӀажиясул гӀараб мацӀалда хъвараб адабияб ирс тематикияб рахъалъ буго батӀи-батӀияб. Гьев ккола тарихияб, фикъгьияб, этикиябгун ахлакъияб ва шигӀрияб тематикаялдасан хъварал асаразул авторлъун.
Гьесул асаразда гьоркьоса хъвараб заман бихьизабураб бищун некӀсияб асарлъун ккола, гьес ГӀахъуша росулъ 1753 соналъ хъвараб «Васаил ал-лабиб гӀала фадаил ал-хӀабиб» абураб хӀалтӀи.
ГӀалимчиясул асаразул квералъ хъваралги цо чанго кагъатги цӀунун руго Тарихалъул, археологиялъул этнографиялъул институталъул, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул квералъ хъварал асаразул фондалда, гьединго хасал библиотекабазда. Абубакар-хӀажиясул гӀараб ва магӀарул мацӀалда хъвараб бечедаб ирсалъул нилъехъе щварал асарал ккола:
- Васаил ал-лабиб ала фадаил ал-ХӀабиб. Гьеб ккола машгьурав исламалъул гӀалимчи Жалалудин ас-СуйутӀил «Фадаил ал-ХӀабиб» («Вокьулесул лъикӀаб рахъ») абураб хӀалтӀуе Абубакар-хӀажияс хъвараб баян.
- ИгӀлам ат-тилмиз би ахӀкам ан-набиз («ЧӀагӀаялъул хӀакъалъулъ цӀалдохъанасе малъа-хъваял»). Гьеб хӀалтӀулъ гӀалимчияс халгьабулеб буго чӀагӀдал хӀакъалъулъ суал. I777 соналда хъвараб гьеб хӀалтӀул мурад букӀана чӀагӀа гьекъезе цо-цо гӀалимзабазулъги мутагӀилзабазулъги батараб гӀадат тӀагӀинаби.
- Базл ал-фатави («Байаназул сайигъат»). Гьеб букӀана бусурбабазул жамгӀияб, агьлуяб ва хасаб гӀумруялда хъвалел фикъгьиялъул суалаздасан гӀатӀидго баян кьураб хӀалтӀи.
- Буго Абубакар-хӀажиясул цоги цо хӀукъукъияб хӀалтӀи, цӀар гьечӀеб. Гьелъул цӀунун хутӀун буго гӀицӀго цохӀо гьумер. Гьеб хӀалтӀул аслияб тема кола щакал суалазе баян кьей.
- Бусурбабаздаги капурзабаздаги гьоркьор ругел бухьеназул цо чангос суал борхун буго гӀалимчияс «Аз-Заджир гӀан мувалат ал-куффар» («Капурзабигун гьудуллъи гьабиялдаса цӀунулеб рес»).
- Абубакар-хӀажи кола классикияб гӀараб мацӀалда хъвараб «Къасида ал-мимийа» абураб шигӀрияб асаралъул авторлъун.
- XVIII гӀасруялъул 50-абилел соназул ахиралда ГӀаймакиса Абубакар-хӀажияс хъвана жиндирго кӀудияб шигӀрияб асар – «Турки». Гьеб буго динияб хӀасилалъул, анцӀила лъабго поэмаялдаса гӀуцӀараб хӀалтӀи.
- «Васийа» («Васигат»). Гьеб кола этикиябгун ахлакъияб асар, муъминчиясе рихьизарурал насихӀатазул сияхӀ.
- МаджмагӀ ал-авбаш («ГӀабдалзаби ракӀарулеб бакӀ»). Гьеб буго ункъо бутӀаялдаса гӀуцӀараб дидактикияб асар.
XVIII гӀасруялъул кӀиабилеб бащалъиялдасан Дагъистаналда бусурбан культура цебетӀеялъул тарих бухьараб буго гьединго Абубакар-хӀажиясул мадрасагунги. Гьенир мутагӀилзабаз лъазабулаан фикъгьи, шигӀру гӀуцӀи, гӀараб грамматика ва гь.ц.
Халкъалда жаниб Абубакар-хӀажиясул мадраса букӀана цӀакъ машгьураб. Аслияб куцалда гьенир малъулаан теологиялгун гуманитариял гӀелмаби. ТӀабигӀиялгун рационалиял гӀелмаби малъгӀаруиялъе гьениб кӀудияб кӀварго кьолароан.
Абубакарил гьунар букӀун буго гӀараб ва авар мацӀазда шигӀру сокӀкӀине. Гьев ккола магӀарулхъвавулаб адарбияталъе кьучӀ лъураздасан цояв. ГӀажам алипалдаса пайдаги босун, гьес гӀезегӀан насихӀатиял асарал хъван руго. МагӀарул мацӀалда хъвараб гьесул 13 вагӀза-поэма бахъун буго, 1912 соналъ Темир-хан-Шураб Мавраевасул басмаялда кьабураб, ЧӀохъа ГӀабдула-хӀажияс данде гьабураб «ВагӀзабазул тӀехьалда».
МагӀнаялъул рахъалъан гьел руго аслияб къагӀидаялъ исламияб диналъул нух кквезе ахӀун, бусурбабазе вагӀзаби ва насихӀатал гьарурал асарал.
ШаргӀалъул нухде халкъ ахӀулел гьел вагӀзаби, гьанже заманалъул къагӀидаялъ абуни, руго бусурбанчиясул гӀамал-хасияталъул низамаллъун. Абубакар-хӀажияс гӀажаибго гьваридго, цо-цо мехалъ гучаб лирикияб шавкъалъул асаргун, цо-цо мехалъ ахӀи балагун, гьарулагун, яги хӀинкъи кьолагун, лъикӀаб бицунагун, малъарулагун халкъ ахӀула шаригӀаталъул динияб нухдасан ине. Гьесул вагӀзабаздасанги бихьула дин чучлъун, гӀадамазул гӀамал-хасият хун унеб букӀин. Гьес гӀажаибаб тӀадчӀейгун, ракӀ унтигун халкъ ахӀула Аллагьасде руссине, какал разе, кӀал кквезе, Къуръаналда божизе, ахираталъул, алжан-жужахӀалъул пикругун гӀумру гьабизе. БакӀ ккун букӀаго абун телин, Абубакар-хӀажиясул ахӀи къабул гьабуразда гьоркьор рукӀана, гьесдаса лъабкъоялда анцӀгогӀан соналъ хадуб шаригӀаталъул нухдасан ине халкъ ахӀарал ва гӀемерисел гӀадамал хӀал гьабун гьеб нухдасан ине тӀамурал, кӀудиял имамзаби – ГъазимухӀамад, ХӀамзат-бег, Шамил.
Абубакар-хӀажияс жиндаго цебе лъун букӀараб Аллагьасул нухдасан ине халкъ ругьун гьабиялъул гьайбатаб масъалаялъул ахӀи, гьединаб къагӀидаялъ, XIX гӀасруялъул байбихьуда ГӀанди ва Авар гӀорал журалеб хьиндаллъиялда гӀумруялде бахъине байбихьана. Абубакар-хӀажиясул вагӀзабазул ахӀи, хӀинцго бугониги, тӀибитӀана тӀадмагӀаруллъиялда.
ГьаракӀуниса СагӀидица вагӀзабазе гӀараб мацӀалда хъвана гӀатӀидал баянал, вагӀзабазда жаниб бицунеб кинабго жо Къуръан-хӀадисалда данде кколеб букӀинги бихьизабун. Балагьараб мехалъ, квералъ хъван, цӀаларал чагӀаз, мутагӀилзабаз тӀиритӀиза-рулел рукӀана гьел.
ВагӀзабаздасан бихьула шагӀирас гьел хӀежалдаса вуссараб, гӀакълу, пикру цӀубараб, дин чӀаго гьабизе ккеялда щаклъи гьечӀого ракӀчӀараб мехалъ хъвазе байбихьун рукӀин.
Абубакар-хӀажиясул вагӀзаби цӀалун лъугӀаралго, нилъее лӀугьуна тамахаб сабурлъиялъул асар. Гьезул кьвариялъухъ, инсанасде гьез гьабулеб тӀалабалъухъ балагьичӀого, нилъ гьез рачуна нилъее къабулаб ахиралде щвезегӀан. ВагӀзабазда жаниб бицараб лъикӀабги квешабги кинабго жо тӀубазабуни, нилъ лӀугьине ккола унго-унгоял Аллагьасда цере рацӀцӀадал бусурбабилъун. ТӀокӀабги лъикӀаб ахир кинабха букӀинеб ва вагӀзабазда бицараб тӀубазабизе къасдгун, цӀалун лъугӀизарула нилъеца гьел ва нилъерго намусалдаги къасдаздаги цебе рагӀи кьола гьениб бицараб гӀадин гӀумру тӀамизе, дин гьабизе, Аллагьасде руссараллъун рукӀине. Гьелъ нилъер ракӀазулъ рижизарула сабруги лъикӀал къасдалги.
ТӀоцебесеб вагӀза хъваралдаса нахъе унеб буго лъабнусгогӀан сон. Чанги заманаби хисана гьелдаса нахъе, хисана гӀадамалги, амма вагӀзабазда жаниб бицараб жо хисичӀо, гьеб жакъаги хӀажалъула. Хасго ахирал соназда гӀадамасул напс пасалъулеб куц бихьараб мехалъ, цебечӀола гьекъолдиялде, хъахӀбалъи-зинаялде гӀолохъанаб гӀел машгъуллъун бугеб куц, гьелъ намус-яхӀ бугев кинавго чи ургъалилъе ккезавун вуго. Жакъа гьесул вагӀзабазде тӀаде къулизе, гьел цӀализе, пикру гьабизе рес щвеялъ, нугӀлъи гьабула гьев кӀудияв гӀалимчиясул баракат нилъехъе тӀадбуссунеб букӀиналъе.
Абубакар-хӀажиясул вагӀзаби руго магӀарул мацӀалда хъвай-хъвагӀай байбихьулеб мехалъ, тӀоцебе гьеб мацӀалда хъварал динияб адабияталъул тӀадегӀанаб даражаялъул асарал. ВагӀзабаз магӀарулазул рухӀияб дунялалде, литератураялде, халкъалъул гӀакълу-пикру ва культура цебетӀезабиялде гьабураб гучаб асар жеги нилъеца лъазабун гьечӀо, амма гьеб букӀана цӀакъго кӀудияб.
Гьел вагӀзаби гурони, тӀокӀаб щибниги Абубакар-хӀажияс хъван букӀинчӀебаниги, гьев мустахӀикъав вукӀинаан магӀарулазул хъвавулаб адабият гӀуцӀиялъулъ тӀоцересезда гьоркьоб гӀахьаллъи гьабурав гӀалимчи хӀисабалда кидаго магӀарул халкъалда ракӀалда вукӀине.
ЦӀех-рехаз бихьизабулеб буго Абубакар-хӀажиясул нилъ тӀаде ккечӀел, жеги квер щвечӀел, гӀараб ва магӀарул мацӀазда хъварал гӀемерал асарал рукӀин. Гьездаго гьоркьоб буго 1757 соналъ ГӀахъуша мажгиталъул имамлъун ва мударислъун хӀалтӀулеб мехалъ хъвараб ва Институталъул квералъ хъварал тӀахьазул фондалда цӀунун бугеб «Аварагасул тӀадегӀанлъи» абураб, 1505 соналъ хварав исламалъул кӀудияв гӀалимчи Жалалудин СуютӀиясул тӀехьалъе хъварал баянал.
ВагӀзабазул нилъее кӀвар буго тарихиял документал хӀисабалдаги. ТӀадехунги бицухъе, гьел хъвазе байбихьун батизе ккола XVIII гӀасруялъул тӀоцебесеб бащалъуда. Ва вагӀзабазда жаниб бицунелъухъ гӀенеккараб мехалъ, нилъеда бичӀчӀула гьеб заманалда, киналалиго жеги нилъеда лъаларел гӀиллабазе гӀоло, МагӀарухъ цӀакъго загӀиплъун букӀин. Щай къватӀисан гьабулеб зулму-хӀал гьечӀеб заманалда гьедигӀан цӀакъ гӀамал-хасият хун, рухӀияб дунял жагъаллъун халкъ лӀугьун букӀараб? Гьелъие гӀиллалъун букӀун батизе ккола жанисеб ахӀвал-хӀал. ГьабсагӀат гьелъие жаваб гьечӀо. Амма нилъеда ракӀчӀун абизе кӀола Абубакар-хӀажиясул заманалъул гӀалимзабазул рухӀияб ирс лъазабизе рес щварабго, гьезул заманаялъ квералъ хъварал тӀахьазул тӀанчазул рагӀаллъабазда гьарурал яги жидецаго жалго бетӀергьанлъун гьарулел хъвай-хъвагӀаял цӀаларал, гьел данде ракӀарун, гьезул хӀасил гьабураб мехалъ, гьелъие жаваб батизе кколин. Гьениб хасго кӀвар кьезе ккола Къудукьа Мусаласул, Кудалиса ХӀасанил ва цогидалги гьезул заманалъул гӀалимзабазул гьунаралъул ирсалде. МагӀарул церехъабаз, гӀалимзабаз халкъ диналде, шаргӀалде бачине гьабулеб хӀаракатчилъи хӀакъикъаталда халат бахъана кӀудиял имамзабазул заманалде, ГъазимухӀамад имамасул хӀаракатчилъи байбихьараб мехалде щвезегӀан. Гьеб мехалдаги тӀадецуй гьечӀого, бичӀчӀи гӀун халкъ диналде буссун букӀинчӀо, жамагӀаталда жаниб гӀамал-хасияталъулъ чороклъи, ричча-рихъантей букӀана. ТӀадехун рехсохъе, годекӀабахъ букӀараб тӀасан рорчӀи, гьалмагьир жеги тӀагӀун букӀинчӀо. Бицен буго ГъазимухӀамад имамасул заманалъул байбихьуда гендерил годекӀаниб тӀад тӀажуги гьечӀого, гӀавратги цебе рехун гӀодов чӀун вукӀарав херав чиясе тӀилил гӀадлу гьабиялъул, гьекъел-мехтелалъул, бечедазул зулмучилъиялъул, кӀигьумерчилъиялъул, хъахӀбалъи-зинаялъул. Имамзабазул ишазул байбихьиялъ Дагъистаналда гӀемерисел бакӀазда шаригӀатги билълъанхъизабун, рес щвана бусурбан дин хӀалтӀизабизе.
Бихьулеб букӀахъе рес буго абизе Абубакар-хӀажиясги гьесул заманалъул диниял хӀаракатчагӀазги кьучӀ лъунин XIX гӀасруялъ ккарал тарихиял лӀугьа-бахъиназе. Дин цӀунизе, шаригӀат билълъанхъизабизе ккеялъул гьезул хитӀабазул ахӀи рагӀана гъваридаб динияб лъай щварал, Абубакар-хӀажиясулги гьесул васасул вас СагӀидилги мадрасалда цӀаларал, тавакалал, исламияб дин цӀуни ватӀан цӀуниялда бухьинабизе лъарал ва кӀварал гучаб гӀолохъанаб гӀелалда, рукӀинесел имамзабазда.
Динияб хӀаракатчилъиялъулги, вагӀзабазулги, магӀарул мацӀ цебетӀезабиялъулги рахъалъ бицине рагӀи гӀоларебгӀан кӀудияб кӀвар буго Абубакар-хӀажиясул магӀарулазул тарихалъе, маданияталъе ва адабияталъе. РакӀбацӀцӀадго тӀолабго гӀумру кьуна гьес бусурбан дин цӀуниялъе, гьелдаса руссарал гьелде руссинариялъе. ВагӀзабиги, гьесул хӀаракатчилъиялъул цо бутӀа буго. ВагӀзабаз рагьана захӀматал жалазул бицине, рекӀел хӀал, гӀакълу, пикру загьир гьабизе магӀарул мацӀалъул бугеб бажари.
ГӀалимчиясул кӀудияб гьунарлъун букӀана гӀарабазул гӀелмияб терминология магӀарул мацӀалде жанибе бачин ва гьеб, гьелъул къануназда рекъезабун, хӀалтӀизаби. Гьелдалъун бечелъана магӀарулазул калам гуребги, миллияб культураги, адабиятги, асарал хъваялъул хӀалбихьиги.
Хвел
[хисизабизе | код хисизабизе]Абубакар-хӀажияв хвана 1791 соналда, 80 соналъул ригьалде вахарав чи. Гьев вукъун вуго гьерекӀдерил хабалахъ жиндирго васакӀо СагӀидида аскӀов. Гьесул зонода хъван буго гьадин:
«Шайих, гӀарип, ХӀажи Абубакар гьавуна ГӀаймакив, гьижра гьабун, гӀумру гьабулев вукӀана ГьаракӀунив, къурайши насабалъул, хвана 1205 с. (1791 с.)».