Перейти к содержанию

Гьупаял

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Гьупаязул территория
Гьупаязул къавмалъул хӀамам
«Шугар-Болалда накӀкӀ лъураб рогьел». Фотографчи Эдвард Кёртис

Гьупа яги натинихве, (Hupa, Hoopa, Natinixwe) — индейцазул къавм, Калифорнияялъул шамалиябгин бакътӀерхьула рахъалда бугеб. Къавмалъул расмиго регистрация гьабураб цӀар буго Гьупа расалъиялъул къавм абун (инг. Hoopa Valley Tribe). 2000 соналъул рикӀкӀиналъул баяназда рекъон, гьупаязул къадар буго гӀага-шагарго 2500 чи.

Гьупаязул мацӀ ккола атабаскск мацӀазулаб хъизаналде. Цо-цо гьупаяз кӀиабилеб мацӀ хӀисабалда хӀалтӀизабула юрок мацӀ.

XIX гӀасруялда гьупаязул букӀана Калифорниялда Тринити гӀоралдаса Кламат гӀоралде щвезегӀан ракьал. Гьупаязул къавмалъул биценазда рекъон, гьезул умумуз Гьупа расалъиялда гӀумру гьабун букӀун буго 4000 соналъ. Цогидаб рахъалъ, гьезул маданияталъул сипатаб багӀараб кедралъул рукъзабаз, руцӀун гьарурал каноэяз, хьухьун гьарурал тӀагъраз, бицадул гӀадатазул элементаз гьел хухрхинарулел руго АЦШ-зул шамалиябгин бакътӀерхьул ралъдал рагӀаллъиялъул маданияталгун, жидер бищун жанубияллъун гьел кколел. Цо-цо гӀадатазул бачӀин буго гӀодоцараб океаналъулаб гуреб — мисалалъе, церемониязда кӀи-кӀиязулаб хӀамам хӀалтӀизаюи, гӀегӀучазул чед гьаби.

1849 соналъ гьупаяз гӀумру гьабун бугеб мухъалде месед бахъулел чагӀи рачӀинегӀан, гьезул европаязулалгу хурхенал рукӀана дагьал[1]. 1864 соналъ АЦШ-язул хӀукуматалъ гъолбасана гьупаязул къавмалъул жилерго ракьалда тӀад суверенитет рикӀкӀараб къотӀи-къай. ГӀуцӀана Гьупа расалъиялъул Индейязулаб резервация, гьениб жакъаги буго гьупаязул къавмалъ гӀумру гьабулеб. Гьупаяхул резервация гӀурхъилъулеб буго юрок къавмалъул территориягун Кламат ва Тринити гӀорал цолъулеб бакӀалда (Калифорния штаталъул Гумбольдталда). Резервациялъул гӀатӀилъи буго 365 413 км².

  1. ↑ Pritzker 126
  • Cook, Sherburne F. 1956. «The Aboriginal Population of the North Coast of California». Anthropological Records 16:81-130. University of California, Berkeley.
  • Cook, Sherburne F. 1976. The Conflict between the California Indian and White Civilization. University of California Press, Berkeley.
  • Goddard, Pliny E. 1903. «Life and Culture of the Hupa». University of California Publications in American Archaeology and Ethnology 1:1-88.
  • Kroeber, A. L. 1925. Handbook of the Indians of California. Bureau of American Ethnology Bulletin No. 78. Washington, D.C.
  • Wallace, William J. 1978. «Hupa, Chilula, and Whilkut». In California, edited by Robert F. Heizer, pp. 91-98. Handbook of North American Indians, William C. Sturtevant, general editor, vol. 8. Smithsonian Institution, Washington, D.C.
  • U.S. Census Bureau, Hoopa Valley Reservation