Гьоббит, яги Довеги нахъеги
«Гьо́ббит, яги Дове́ги на́хъеги» (инг. The Hobbit, or There and Back Again) — инглисазул Джон Р. Р. Толкин хъвадарухъанасул къиса. ТӀоцебе бахъана 1937 соналда George Allen & Unwin абураб басмаханаялъ, цинги эб лъималазул литературалъул классиклъун лlугьана. Сужеталъул кьочӀолӀ буго Билбо гьоббитасул, Гэндалф сихӀручиясул гин бетӀерлъуда Торингун анцӀила лъабго дварфасул свера-хъери. Гьезул нух уна Цолаб МагӀардехун, жиндилӀ дракон Смаугица цӀунулеб дварфазул хазина бугеб.
«Гьоббит» хъвалеб мехалъ Толкиница хӀалтӀизабулаан скандинавазул мифологиялъул гин некӀсияб инглисалъул «Беовулф» поэмалъул мотивал. ЦӀех-рех гьабулезда рекъон, хъвадарухъан ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъда вукӀиналъ къисаялда босахинабуна. Цогидал асараздаса гьеб батӀалъулеб буго архаикияб гин гьанжесеб хьвада-чӀвадул стандартал дандекковуца, масала героязул кӀалъавул стилалдасан. Аслияв Билбо Бэггинс героясул буго гӀеме-гӀемерал гьанжесев чиясул характеристикал, гьелдалъун гьел некӀсиял дуниялалъул чагӀазда цере рихьула тӀатараб анахронизмлъун. Гьединлъидал асаралда борхулеб буго гьанжесеб култураялъулги гьесда сверун ругел некӀсиял героязулги гьоркьоблъи. Къиса лӀугӀизегӀан аслияв герой цеветӀола. Цолаб МагӀардехун ин Билбое букӀана живголъайлъун. Ахиресеб сужеталъул фазалда хазина босизалъе лӀугьараб конфликталда хъатӀолел руго бахиллъул проблема гин гьеб къезабизе кӀвей.
Сужет
[хисизабизе | код хисизабизе]
Къиса байбихьула лагокъал, «гӀага-шагарго нижер борхалъудаса бащдал гин магжилал дварфаздаса къокъал» гьоббитазул сипат кьеялъ.[1] Бечедав Билбо Бэггинс гьоббитас бэг-эндалдасеб лъикӀго къачӀараб ракьукьеб, гохӀилӀ бараб рокъоб цокӀалаб гӀумру гьабула. Цонухалъ гьесухъе тохлъукье тӀадеахӀичӀого рачӀанана Гэндалф СихӀручи гин анцӀила лъабго дварфасул къокъа. Дварфал бетӀерлъулев Торин Миккипачаца жиндир халкъалъул история бицана: «Ниж Цолаб МагӀарда бугеб жиндир ракьукьел гьундуздаса дракон Смаугица къватӀиахӀана, гьеб ккаралдаса нижер хазина элъ ккун буго.» Дварфаз план гьабулеб буго драконалдаса рецӀелги жиндир бечелъиги босизе Бакъбаккуде ине. Къокъие къваригӀун вуго цоги иналъул гӀахьалчи — хӀалбихьи бугев викъарухъанги. Гэндалфаца гьезда абуна Билбо Бегинс гьеб ролалда лъикӀав вугин. Дварфал гьесда божуларелги ругони, цодагь щаклъизеги щаклъун гьес къотӀи-къай гьабуна гьелгун свера-хъеризе ине.[2][3]
Лъабго троллалъ Билбоги дварфалги кваназалъе асираруна, хӀо Гэндалфица махщалида троллалазухъего гьезда кӀалъазе лӀугьана гин рогьинегӀан мех цӀазабуна. ТӀоцересел бакъул чӀораз гьел ганчӀиде сверазаруна.[4] Троллазул рукӀнир Торинидаги Гэндалфидаги ратана некӀсиял элфазул хвалчаби. Билбоца босана элфазул ханжар, жиб нахъа гьелда Хечилан цӀар лъезе бугеб.[5] Цодагьаб мехалдасан къокъа элфал ругел Ривенделл расалъуде щвана. Ривенделлалъул хӀаким Элрондица нухлулал жиндихъ къабулги гьаруна, Цолаб МугӀрул гин гьелъул сверухълъул карталдисел балъгоял моцӀрол хӀарпалги цӀализе квекана.[3]
Хьухьал мугӀрул герулаго, орказ Торинил къокъа асирабуна, цинги жиндирго гӀодомесалде бачана, хӀо Гендалфица гьеб цӀидасан хвасарлъизабуна.[3][6] Орказдаса лӀутулаго, Билбо цо хутӀана. Нохъабазда свер-сверулаго, гьесда батана баргъич, цинги дандчӀвана цӀвакӀараб, ракьукьеб хӀорихъ гӀумру гьабулеб рухӀчӀаголъи, жинда Голлумилан цӀар бугеб. Голлумица гьесда целъуна расанкӀаби гьадинал шартӀаздалъун: Билбо бергьани, Голлумида гьев нохъабаздаса къватӀивачин тӀадаблъун букӀине буго, къуни — Голлумица гьев квине вуго. Билбо бергьана, хӀо Голум бетӀергьан вихьуларевлъун гьабулеб сихӀруяб баргъич гьес бикъун бугилан щаклъана гин гьоббитасда тӀадекӀанцӀана. Батараб баргъич килщида лъачӀого ххураб мехалъ Билбо вихьуларевлъун лӀугьана, цинги Голлумида хаду-хаду уна гин нохъабаздаса къватӀиунеб нух батана. КватӀичӀого гьесда дандчӀвана жиндир нухцадахъалги, хӀо къокъида оркал гин варгал тӀадегӀунтӀана. Гьемехалъ, роржун рачӀана цӀумал гин гьел хвалидаса рорчӀизаруна.[7]
Къокъида циде вуссине кӀолев Беорнил рокъор хьвайи батана. Гьес БецӀрохьохъе щвезе квекана. Рохьил рагӀалда Гендалфица нахътӀамизе бегьуларел бакъдасел хӀалтӀабазде къокъине жиндир нухцадахъал рехунтана. БецӀрохьосан унаго, дварфал кӀицӀул асираруна. ТӀоцере гьел чӀахӀиял нусиречаз ккуна, хадуб рохьил элфаз, хӀо щибаб нухалъ Билбоца баргъичгун жиндир гьудулзаби хвасарлъулел рукӀана.[8]
СапарчагӀи хӀорида тӀад бараб ХӀоришагьаралде рачӀана. Гьениса гьел Цолаб МагӀарде щвана. Билбоца баргъич лъун аздогьодул рукӀниве балъго ана гин бикъана меседил суркӀа. Нохъоде нахъвуссиндал, гьев байбихьана гьесухъ балагьунчӀун букӀараб Смаугида кӀалъазе. Билбол оборлъиялъ лъана гьелъул чорхода къолден гьечӀеб бакӀ. Смауг ХӀоришагьаралде тӀадекӀанцӀана гин гьеб бухӀизабуна, щай абуни гьелъул чагӀаз дварфазе квекаралъухъ рецӀел босизалъе. Аздогьодул лӀукъизе бегьулеб бакӀ бугин Билбоца бицулеб мехалъ гӀенеккун букӀараб чегӀеркӀоца Бардасда абидал, гъос Смауг чӀвана.[9]
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Толкин 1992.
- ^ Hammond, Scull 2006, гь. 384.
- ^ a b c Олсен 2013.
- ^ Anderson 2002, гьл. 78–80.
- ^ Anderson 2002, гьл. 94, 208.
- ^ Anderson 2002, гьл. 111–112.
- ^ Anderson 2002, гьл. 150–153.
- ^ Anderson 2002, гь. 187.
- ^ Anderson 2002, гь. 307.