Перейти к содержанию

Гьанхел

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Гьа́нхел, яги гьа́нхи, яги аго́ния — хвелалде цебе букӀунеб къаркъаладул терминалияб хӀал. БукӀиналъул магӀна ккола къаркъалалъ жибго цӀунизалъе, жинлӀаго гӀумру цӀунизалъе компенсаторалъул механизмал риччай. Гьанхел гӀумруялде сверизабизеги кӀола (бичвахул, шокалъул, асфиксиялъул гьанхел, масала, батани), гьелдалъун чиги хвасаравизе.

Холев вугев инсул портрет. Агония. Иван Мясоедов.

Гьанхалил гахӀал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Къаркъалалъе гӀумру гьабизе къваригӀунел аслиял функциябазда зулму чӀун букӀуна гипоксиялдалъун. ГӀакълу-лъаялдаса ун, берзугорал чӀахӀалъун, гьезул канлъуде реакция тӀагӀун рукӀуна, логол рефлексал тӀагӀуна. Гьанхалил хӀухьел (яги чейн-стоксасул хӀухьел — хӀалцараб, тӀасанисеб, хархарияб, яги куссмаулил хӀухьел). Гьанхалил ахирисеб стадиялъул хӀухьалилӀ гӀахьаллъула горболги логолги ччорбал — бетӀер нахъе рехун, гьакӀкӀазабун рагьун кӀал, кӀалди балеб полоп, амма гьедин бугониги хӀалица босулеб хӀухьел. ГьанхалилӀ гьединго гипоксиялдалъунги, алвеолазул стенказул гъорлӀан-ин цӀикӀкӀиналъги, бидусвери дагьлъуцаги лӀугьуна гьуърузул терминалияб гьор.