Гиничукьа ХӀайдарбег
Гиничукьа ХӀайдарбег (1829, Гиничукь, Авар ханлъи – 1883, ГӀарабия, ГӀусманияб империя) вукӀана авар теолог, поэт ва историк, жинца историко-биографиялги историкиялги хъвай-хъвагӀаял тарав.
Хъизан
[хисизабизе | код хисизабизе]ХӀайдарбег гьавуна 1829 соналъ Гиничукь росулӀ, ХӀамзатил ГӀумар-хӀажиясул хъизамалда. Эсул вукӀана кӀиго вац: БацӀ-АхӀмадги Гиничукьу ХӀамзатги, Авар ханлъиялъул хъвадарунчи. Вацго гӀадин, ХӀамзатги вукӀана исламиял гӀелмаби лъикӀ лъалев чи.[1]
ХӀайдарбегил лъади, Хъандулай (гь. 1842), йикӀана авар наиб Инквачиласулги, эсул тӀоцеесей лъади, ГӀалиханил Макъсудил ункъгӀал Халунилги яс. Эзул вукӀана лъабго вас: ХӀосенхӀажи, Абдулсалам и Абумуслим.[2]
ХӀалтӀаби
[хисизабизе | код хисизабизе]Гиничукьияс хъвалаан гӀараб рифмагъараб прозаялда, бакӀалъул биценалги манускрипталги кьочӀое росун, гьединго живго нугӀлъун вукӀарал лӀугьа бахъиналъул рахъалъги. Хъвай-хъвагӀаял руго бутӀрузде рикьарал асарал хроникалияб сюжетгун.
- Ислам диналъул берцинлъи - Кавказалъул имамзабазул компилация
- КӀудияв ГӀума-нуцал - VI ГӀума-нуцаласул биография
- РакӀалде щовул хъваял - гьеб мехалда Дагъистаналда букӀарал лӀугьа-бахъин
- Дагъистаналда 1877 сонил дандерахъиналъул
Референсал
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Гиничукьа, ХӀайдарбег (1992). Историко-биографические и исторические очерки [Историко-бирафикиялги историкиялги хъвай-хъвагӀаял] (PDF). МахӀачхъала: ДНЦ РАН.
- ^ Айтберов Т.М. (1999). Магомедов Ш.Б. (ред.). Хрестоматия по истории права и государства Дагестана в XVIII-XIX вв. Часть II (PDF). Махачкала: ДГУ. гь. 44. ISBN 5-230-12964-6. Архивация оригинал (PDF), 2021-08-17.