Перейти к содержанию

Бисиси

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Биси́си, яги Биси́сир, яги Би́с-Бисбалъхъадерил локалияб мифологиялъулги тӀолго авар мифологиялъулги персонаж.

Гьалъул хӀакъалъулӀ

[хисизабизе | код хисизабизе]

ЛоготӀа ворхатав, мокъатав, расуца бацараб къаркъалул, жинда кутакаб рухӀги бугев бихьинчиясул сипаталда бугеб хъублъи. Бицаралда рекъон, Бисиси рокъожаниб бегараб мехалъ гьелъул хӀатӀал шуризе кӀоларедахъ мокърукь тункун рукӀуна. Жиндиего бокьани гурони, чиясда бихьизеги чӀолареб кутакаб хъуяб рухӀ.

СардилӀ чи кьижаравго бачӀуна, бусада вегарав чиястӀа щват-щватккун бегула гин гьев гъанкъизе лӀугьуна. Жибго Болъихъ росулӀ божулаанила Бисисил хӀинкъи киналго чиясул гӀалабазе бугин (кӀудияв вукӀа я гьитӀинав вукӀа — гьелъие рухӀел букӀунаро), Миарсоб – гьелъ цохӀо гӀисинал лъималги гурони гъанкъуларин.

Гьелдаса чиясда живго цӀунизе кӀола кьижилалде хириял аятал цӀалани; тӀад бегун бугеб бакӀалдаги цӀализе хӀаракат бахъани яги квер шурани гьеб тӀасабичӀула.

ТӀадрегазул (гьадинаб цӀарги буго централияб диалекталда – ТӀа́дбег) чанго батӀияб цӀарги, бегӀги, гӀамал-хасиятги буго цин авар мифологиялда (гӀандал гин цӀунтӀал гьоркьорачинчӀлго). ТӀадрегал ин абула чи кьижизе боснов вахаравго гьестӀа регулел, гьесул макьаби контроларулел мификиял рижабазде. Гьел чанго батӀиял руго: ХъегӀело, Сардихъан, цо-цо росабалӀ Карж, Лагикъ, Рекъаб ЩайтӀан гин гь.ц.