Перейти к содержанию

Баршалиб

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Халип:ГӀБ+Россия

Башликент (лъар. Башлы-гент) — Дагъистаналъул ГӀаягентша мухъалъул росу. Гьеб гъорлӀе уна «Башликент росо» росдал чӀчӀейбугебакӀалда.[1].

Гьеб буго тарихияб Хайдакъалъул ракьалда Джавандагъ мегӀералъул хӀатӀазукь, Башлычай гӀорул гӀорумухъда, Избербаш шагьаралдаса жанубиябгун-бакътӀерхьул рахъалдехун 33 км.

Халкъалъул къадар

[хисизабизе | код хисизабизе]
Баршалиб

1877 соналда Дагъистаналда баккана кӀудияб россиялда дандечӀеялъул къеркьеял, гьеудинал къеркьеял баккараб бакӀалдаса цояблъун ккола Башли росу. МутӀигӀлъунгутӀиялъ росу тӀубанго чухъун букӀана генерал Комаровас. Хадубккун гьениб гӀумру гьабун рукӀаразе гьукъун букӀана росулъе тӀад руссине 5 соналъ. ГӀицӀго 1882 соналъ гьезие изну щвана росулъе тӀад руссине, кинго цо росо букӀараб бакӀалда лӀугьана лъабго росо: ТӀасияб Башли (хадубккун Капкайкент), Гьоркьохъеб Башли (хадубккун Джаванкент) ва Гъоркьияб Башли (хадубккун Александркент)[2],[3].

ТӀад буссун цӀияб росо гӀуцӀулеб мехалъ, император Александр III-се мутӀигӀлъи бихьизабиялъул мурадалда росдал цӀар хисана Александркент абун. Революциялдаса хадуб росдада Джалалкент - абун цӀар лъуна, цеве тӀурав пачалихъалъул хӀалтӀухъан, революционер Жалалудин Коркмасовасул цӀар кӀодо гьабун. 1937 соналъ Коркмасовасе репрессия гьабун хадуб, росдада букӀахъе Башликент - абун цӀар лъуна.

Машгьурал росуцоял

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • ХӀажиева, Сакинат Шихамедовна - гӀалимчӀужу-этнограф, тарихиял гӀелмабазул доктор, профессор, заслуженный деятель науки Россиялъул ва Дагъистаналъул мустахӀикъай гӀелмабазул хӀалтӀухъан[4].
  1. ↑ Закон Республики Дагестан от 13.01.2005 № 6 «О статусе и границах муниципальных образований Республики Дагестан»
  2. ↑ "ВОССТАНИЕ В ДАГЕСТАНЕ В 1877 ГОДУ". Архивация оригинал, 2012-04-23. Щвей 2015-08-16.
  3. ↑ "Жил не для себя — для народа". Архивация оригинал, 2015-09-12. Щвей 2015-08-16. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help); no-break space character in |title= at position 16 (help)
  4. ↑ Кумыкский мир | Персона