Перейти к содержанию

Бакълъулазул бо

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Бакълъулазул боавар боязул цояб, жиндир ракьги Аваралъул бакътӀерхьуда, Баклъи (Баклъуда) регионалда бугеб. Элъ гъорлӀе рачуна ГӀанди-гӀорул квегӀаб рахъалдехун ругел гьанжесеб Бакълъул мухъалъул росаби, гьединго НахъбакӀги Болъихъги мухъазул цо-цоялги.

Бакълъулазул бол гӀурхъи цураб букӀана шималияб рахъалда НахъбакӀалъулгун, бакъбаккудаги жанубияб рахъалдаги хьиндалазулгун, бакътӀерхьуда тӀехӀнуцалги гӀандадерилги боялгун, гьединго Ичкериялъулгун.[1]

Бакълъулал абураб термин тӀоцебе данчӀвалеб буго ГӀандуникӀил васигаталда, Авар нуцаллъуда хурхарал чагӀаз бетӀерлъи гьабулеб территория гӀадин.[2][3] Лъалев вуго гьеб регионалда нухмалъи гьабулев вукӀана ХаритӀун абурав нуцалчи, биценазда рекъон, жив авар нуцаласул вацлъун вукӀарав. Эв хвана 1449 соналъ, гьелдаса хаду, батизе бегьулеб жо, эсул ирсилазухъе щвана нухмалъи гьаби.[4]

XIV гӀасруялъул ахиралдехул БакълъулалӀ тӀибитӀана ислам.[5]

1772 сонил баяназда рекъон, бакълъулазул бо гӀуцӀун букӀун буго 1500 авар «фамилиялдаса», жал бетӀербахъи гьабун МелъелтӀа, Сивухъ, ЦӀиликь, ЛъаратӀа, Ингишу, Аргъвани, Данухъ, ГӀаркьухъ, ЧӀиркъатӀа, ГӀашилтӀа, ИчичӀали, Шабдухъ, ЦӀунди, КӀижани, Инхо рукӀарал.[6]

Бакълъулазул бо (Бакълъул мухъ)

Бакълъулазул бол росаби руго:[4]

  1. Аргъвани
  2. Гъадари
  3. Гъоркьа Инхо
  4. ГӀаркьухъ
  5. Данухъ
  6. Ингиши
  7. ИчичӀали
  8. КилалӀ
  9. КӀижани
  10. ЛъаратӀа
  11. МелъелтӀа
  12. Садуб
  13. Сивухъ
  14. ТӀаса Инхо
  15. ЦӀиликь
  16. ЦӀунди
  17. ЧӀикь
  18. ЧӀиркъатӀа
  19. Шабдухъ
  1. ^ Берже, А. (1858). Материалы для описания Нагорного Дагестана. Тифлис: Тип. Главного управления Наместника Кавказского. гь. 40.
  2. ^ Айтберов, Т.М. (1980). "Материалы по истории Дагестана XV–XVII вв". Восточные источники по истории Дагестана. Махачкала: 22.
  3. ^ Айтберов, Т.; ХIапизов, Ш. (2016). МагIарулалъ хъварал тарихиял асарал. МахIачхъала: АЛЕФ. гь. 186–187.
  4. ^ a b Хапизов, Ш. М. (2021). "Из истории сельских общин горного Дагестана: селение Цилитль Гумбетовского района" (PDF). Вестник Дагестанского научного центра (80): 17–33. doi:10.31029/vestdnc80/3.
  5. ^ Сефербеков, Руслан Ибрагимович; Разаханов, Саид Сефербекович; Галбацов, Сурхай Магомедович (2022). "МИФОЛОГИЧЕСКИЕ ПЕРСОНАЖИ ТРАДИЦИОННЫХ ВЕРОВАНИЙ АВАРЦЕВ ГУМБЕТА (ВТОРАЯ ПОЛОВИНА XX - НАЧАЛО XXI В.)". История, археология и этнография Кавказа (3).
  6. ^ Гильденштедт, Иоганн Антон (2002). "Путешествие по Кавказу в 1770–1773 гг". Петербургское востоковедение. СПб.: 512.