Аминат бинт Вагьб
| Аминат бинт Вагьб | |
| гӀар. آمنة بنت وهب | |
| Гьавураб къо-моцI: | лъалеб гьечIо |
|---|---|
| Гьавураб бакI: | Мадина |
| Хвараб къо-моцІ: | 577 |
| Хвараб бакI: | Ал-Абваъ |
| Миллат: | гІарабай, къурайшияй |
| Эмен: | Вагьб ибн ГIабдул Манап |
| Эбел: | ПатІимат бинт ГІамр |
| Рос | ГІабдуллагь ибн ГІабдул МутІалиб |
| Лъимал: | МухІаммад Шаблон:Сваллаллагьу гӏалайгьи ва саллам |
| ГІагарал проектал: |
|
Аминат бинт Вагьб (гӀар. آمنة بنت وهب; ?, Макка — 577 , ал-Абваъ) — МухІаммад аварагасул
эбел, Бану Зугьра тухумалъул цевехъан Вагьб ибн ГIабдул Манапил яс.
Биография[хисизабизе | вики-текст хисизабизе]
- Гьайи
Аминат бинт Вагьб гьаюна къурайшиязда гьоркьоб машгьураб ва хIурматияб хъизаналда. Аминатил чIван-къотIараб гьаюраб къо-моцI лъалеб гьечIо [1].
- хъизан
Гьашимиязул тухумалъул цевехъан ГІабдул МутІалибица жиндирго вас ГІабдуллагьие лъадилъун ячана Аминат[2]. Аминат къинай заманалда, гьелъул рос ГІабдуллагьица бича-хисиялъе сапар бухьана Шамалде, кинго Мадинаялде щвечIого гьев хвана[3]. ГІабдуллагь хун кIиго моцI индал Аминатие гьавуна вас, жинда МухІаммад
абун цIар лъурав. Гьеб заманаялъ къурайшиязул букIараб гIадаталда рекъон, гьитIинав МухІаммад
кьуна Бану СагІд къабилаялъул гIалхул гIарабазухъе, лъикIаб тарбия щвезе ва пасихIаб мацIалда кIалъазе лъазе. МухІаммадил
миллат гьабурай гIадан йикIана ХІалимат бинт Абу Зуайб.
- Хвел
Аварагас
5 сон бараб мехалъ Аминат захIматго унтана ва гьей хвана ал-Абваъ абулеб бакIалда[4]. Аминат хвана гIага-шагарго 577 соналъ[1].
ХІужаби[хисизабизе | вики-текст хисизабизе]
- ↑ 1,0 1,1 А. Али-заде, 2007
- ↑ Cook, Michael Muhammad. — New York: Oxford University Press, 1983. — ISBN 0-19-287605-8
- ↑ Armstrong, Karen Muhammad: A Biography of the Prophet. — ISBN 0-06-250886-5
- ↑ аль-Абваъ букIана Мадинаялда ва Маккаялда гьоркьоб
Ссылкаби[хисизабизе | вики-текст хисизабизе]
- Али-заде, А. А. Аминат бинт Вагьб (архив ) // Исламияб энциклопедияб къамус. — 400 с. — (Золотой фонд исламской мысли). — 3000 экз. — ISBN 5-98443-025-8
- Шаблон:ЭИ/2
- Страницы, использующие волшебные ссылки ISBN
- Алфавиталда рекъон гІадамазул сияхІ
- Википедия:Статьи с ручной викификацией дат в карточке
- Википедия:Статьи с переопределением значения из Викиданных
- Хварал 577 соналъ
- Алфавиталда рекъон бусурбабазул сияхІ
- Википедия:Суратал гьечІел гІадамал
- ДугІаязул шаблонал
- Аварагасул хъизан