Ал-ГӀафувву

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Ал-ГIафувву» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Ал-ГIафувву (гIараб мацIалда العفو). Жинца гIадамазул квешлъаби рацIцIунев, гIасилъаби тIаса лъугьун толев.

«Ал-Гъафур» абураб цIаралъул магIнаялдаго бугеб цIар ккола гьаб, жеги гьелдасаги рагIа-ракьанде швараб. Щай абуни, «гъуфранилан» абула мунагьал рахчиялда, «гIафвуйилан» абула гьел хъвараб бакIалдаса рацIцIиналда. Рахчиялдаса рацIцIин магIнаялъул рахъалъ рагIа-ракьанде щвараб буго. Лагъасе гьаб цIаралдаса бугеб бутIа балъгояб жо гуро. Гьес жинда зулму гьабуравщинав чиясдаса гIафву гьабун тезе ккола ва гьезул квешлъиялде данде лъикIлъиги гьабизе ккола, ТIадегIанав Аллагьас кафурзабазе ва гIасичагIазе дунялалда гьабулеб гIадин. ХIатта гьез тавбу гьабун хадуса гьезул квешлъаби лъикIлъабилъунцин сверизе гьарула ТIадегIанав Аллагьас. [1]

→ →[хисизабизе | код хисизабизе]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. "Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса (2011-02-26). Халагьи 2011-02-26.