Ал-БагӀису

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Ал-БагIису» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Ал-БагIису (гIараб мацIалда الباعث). Жинца къиямасеб къоялъ халкъ чIаго гьабулев, хабалъ ругел чагIи рахъинарулев, ракIазда жаниб бугеб жоги баян гьабулев.

Гьаб цIаралъул магIна бичIчIи бараб буго, къиямасеб къоялъ тIаде рахъинари абураб жо бичIчIиялда. Гьебги ккола бищунго балъгоял ва гъваридал жалаздаса. ГIемерисел чагIазда гьелъул хIакъикъат лъаларо, жидерго цо хиялал рукIун гурого. Гьезда гьелъул хIакъалъулъ бищун лъалеб буго, хвел бугин гьечIолъи ва хун хадуб тIаде рахъине гьари, гьеб тIоцебего гIадин гьечIелъуса цIидасан ратизе гьари кколин абураб жо. Хвел – гьечIолъи кколин абураб пикруги, хун хадур тIаде рахъине гьари – тIоцебесебго гIадаб ратизари кколин абураб пикруги мекъаб пикру буго.

Хвел – гьечIолъи кколин абураб пикру батIулаб пикру ккола, хоб яги жужахIалъул гвендлъун букIуна яги Алжаналъул ахлъун букIуна. Хварав чиги яги талихI бугев вукIуна (гьел ккола жал чIагоял, Аллагьасул ризкъиги кванан рохун рукIунел гIадамал), яги талихI къарав вукIуна, гьелги чIаго рукIуна. Гьединлъидал свалат-салам лъеяв Аварагас Бадруялда чIварал кафурзабазул бутIруздехун хитIабги гьабун абуна: «Дир БетIергьанас дие къотIи гьабун букIараб жо дида хIакъаб батана. Нужеда батарабищ нужер бетIергьанас къотIи гьабураб жо хIакъаблъун?» абун. Цинги гъосда цIехараб мехалъ: «Хварал чагIаздехун кин мун кIалъалев?» абун, гьес абуна: «Гьезда нужедасаги лъикI рагIула, кинниги гьезда жаваб гьабизе кIолеб гьечIо», – абун. Амма цо-цо мехалъ гьесул (инсанасул) жиндирго черхалдаса тасаруф къотIун ккола, цинги нилъеца абула: «гьев хвана» абун. Цо-цо мехалъ гьеб тасаруф нахъ буссуна ва нилъеца абула: «гьев чIаголъана» абун. Бищун кIудияб хвел ккола – инсанасул жагьиллъи. Бищун хирияб чIаголъиги ккола – инсанасул гIелму. ТIадегIанав Аллагьасги Къуръаналда гIелмуялда чIаголъи абунги, жагьлуялда хвел абуниги цIар лъун буго. Щив чи вугониги жинца цогидал жагьлуялдаса гIелмуялде рачун, гьев ккола гъол гIадамал чIаго гьарурав ва гьел рижарав чи. Халкъалда гIелму малъиги гьел Аллагьасде ахIиги ккола, чIаго гьариялъул цо тайпа. Гьеб ккола аварагзабазулги, гьезул ирс жидее щчIварал гIалимзабазулги даража. [1]

→ →[хисизабизе | код хисизабизе]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. "Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса (2011-05-01). Халагьи 2011-05-01.