Авар тӀадрагӀи

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Авар мацІалъул тІадрагІи» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Каламалъул бутІа: «ТІадрагІи».

ТӀадрагІиялъ авар мацІалда баян гьабула фигӀлуялъ бихьизабулеб иш лӀугьараб куц, заман, бакІ ва гьеб лӀугьиналъе гІилла-мурад. Жумлаялда жаниб тІадрагІи букІуна хІаллъун, ва гьеб хурхун букІуна предикаталда: жакъа дун цудунго вахъана — гьаниб цудунго абураб тІадрагІиялъ бихьизабун буго иш лӀугьараб заман, ва гьеб вахъана абураб предикатгун бухьараб буго. ТІадрагІиялъе жаваблъун рачІуна кин? кибе? киб? киса(н)? щай? щиб гІиллаялъе гІоло? щиб мурадалда? гІадал суалал.

ТІадрагІиялъул букІунаро рагІи хисиялъул формаби, амма авар мацІалда руго цо-цо тІадрагІиял, жидер данде ккезариялъул суффиксал ругел: аскІо-б, аскІо-в, жани-б, це-б-е, хаду-б, гьани-б (чанго бакІалъул тІадрагІи хІалтІизабула заманалъул магІна кьезеги). ГІемерисел бакІалъул тІадрагІабазул дифференциация гьабула локативалъул, аллативалъул ва аблативалъул формабазде: жани-б, жани-б-е, жани-са, жани-сан.

ГІуцІиялъул рахъалъ авар тІадрагІаби рикьула кІиго тІелалде: асляздеги лӀугьараздеги. Аслиял ккола жал цоги каламалъул бутІаяздаса жал лъугьинчІел, ай жал гӀодосанго тӀадрагӀабилъун кколел: сон, метер, жакъа, сах, лъикІ, хъахІ, берцин ва гь. ц. Гьездехун рекІинабизе бегьула кутаклъизабулеб бутІа -го: сон-го, метер-го. Аслиял тІадрагІабаздаса лӀугьуна цогидал каламалъул бутІаби:

  • сифатал: сахаб, лъикІаб, хъахІаб, берцинаб;
  • цІарелал: сахлъи, лъикІлъи, хъахІлъи, берцинлъи;
  • фигІлаби: сахълъизе, лъикІлъизе, хъахІлъизе, берцинлъизе;
  • сифат-фигІлаби: сахлъараб > сахлъун; лъикІлъараб > лъикІлъун, берцинлъараб > берцинлъун;
  • конвербал: хъахӀлъараб > хъахӀлъулаго.

ТӀадрагӀаби лӀугьунеб къагӀида[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацӀалда тӀадрагӀиял лӀугьуна хадусел къагӀидабаздалъун:

ЛӀугьуна КъагІида Мисал
ЦІаралдаса
  • кин?
  • кида?
  • кин?
  • -къ суффиксалъул кумекалдалъун
  • -дал суффиксалъул кумекалдалъун
  • -са суффиксалъул кумекалдалъун
  • ретІел — ратІликъ; квен — кваникъ; куц — коцокъ
  • рии — риидал; их — ихдал; кьин — кьиндал
  • хьибил — хьибил+са; дегІен — дегІен+са
ЦІарубакІаздаса
  • киб?
  • кин?
  • суффиксалъул кумекалдалъун
  • -ин суффиксалъул кумекалдалъун
  • доб — доб+а; лъоб — лъоб+а
  • гьаб — гьадин; доб — додин; гъоб — гъодин
РикІкІеназдаса
  • кин?
  • -ихъе суффиксалъул кумекалдалъун
  • кІиго — кІийхъе; лъабго — лъабихъе
Конвербаздаса
  • кин?
  • -иса суффиксалъул кумекалдалъун
  • -хъе суффиксалъул кумекалдалъун
  • битІун — битІуниса; бегун — бегуниса
  • бицун — бицухъе; вижун — вижухъе

МагӀнаялъул рахъалъ классификация[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацІалъул тӀадрагӀаби рикьула хадусел тайпабазде:

  • Кинлъи бичІчІизабулел тІадрагІаби (кин? щиб куцалда?): циндаго, гьартІан, гьединго, лъикІ, квеш;
  • Заманалъул тІадрагІаби (кида? кидалъагІан?): сон, жакъа, нолӀ, риидал, метер, сезе, лезе, гьанже, кидаго, рогьинегІан;
  • БакІалъул тІадрагІаби (киб? кибе? кисан?): квараниса, квегІиса, рикІкІад, тІасан, добасан;
  • Къадаралъул тІадрагІаби (кигІан? кигІаналъ?): гІемер, дагь, миркалъ;
  • ГІилла-мурадалъул тІадрагІаби (щай? щибизе?): щайго, чІалгІаде, махсараде;

ТӀадрагӀи жинсгун формаялда ва хӀалатазда рекъон свери[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀесериселъ жидер рагӀи свериялъул формаби гьечӀониги, авар тӀадрагӀабазул буго цогидал мацӀазул тӀадрагӀабазул гьечӀеб хасаб тӀабгӀ: сифаталго гӀадин, цо-цо тІадрагІаби, жинсалде ва цолъул яги гІемерлъул формалде балагьун, хисула, амма тІадрагІабазулӀ бачІуна , сифатазда гІадин бачІунаро: хадув, хадуй, хадуб, хадур.

Гьединго руго цо-цо тӀадрагӀаби, жидер лӀугьунеб лъабго хӀалатияб форма, ай чӀовул, рачӀул ва ратӀалъул хӀалатазул:

Суал Мисал
кибе? рикІкІаде
киса(н)? рикІкІадаса(н)
киб? рикІкІад
кида? радал
кидаялде? радалалде
кидаялдаса(н)? радалалдаса(н)

ТӀадрагӀаби цогидал каламазул бутӀабазде ссвери[хисизабизе | код хисизабизе]

Аслиял тІадрагІабаздаса лӀугьуна цогидал каламалъул бутІаби:

  • сифатал: сахаб, лъикІаб, хъахІаб, берцинаб;
  • цІарелал: сахлъи, лъикІлъи, хъахІлъи, берцинлъи;
  • фигІлаби: сахълъизе, лъикІлъизе, хъахІлъизе, берцинлъизе;
  • сифат-фигІлаби: сахлъараб > сахлъун; лъикІлъараб > лъикІлъун, берцинлъараб > берцинлъун;
  • конвербал: хъахӀлъараб > хъахӀлъулаго.

ТӀадрагӀабазул битӀунхъвай[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. О хӀарп хъвала хадусел тӀадрагӀабазулӀ:
    • -го бутӀагун ругел: лъикӀго, берцинго, бигьаго
    • локативазда (кӀиябго рагьараб): кодоб, гӀодоб, босноб
    • хекко тӀадрагӀиялъулӀ
  2. И хӀарп хъвала локативиял жаниб, къватӀиб ва ц. гӀадал ва къаси тӀадрагӀабазулӀ.
  3. Е хӀарп хъала хадусел тӀадрагӀабазулӀ: метер, сезе, лезе, цебе ва ц.
  4. Абухъе, бицухъе, рагӀухъе ва ц. тӀадрагӀабазулӀ ахирал хъвала Е.
  5. БукӀунедухъ, абуледухъ гӀадал тӀадрагӀабазулӀ ахирисеб гьижаялда хъвала У, цебеселъе — Е.
  6. КӀиго, я цӀикӀкӀун рагӀудаса лӀугьарал журарал тӀадрагӀаби рекӀун хъвала: гьабсагӀат, гьебмехалъ, бакъинегӀан, кӀалагъоркье, чехьатӀаде, чӀванкъотӀун, цӀанбитӀун.
  7. Дефисгун хъвала хадусел тӀадрагӀаби:
    • кӀиго цокьибилаб рагӀи такрарлъун лӀугьарал: гьенже-гьанже(ги), нахъ-нахъ, цебе-цебе, добе-добе;
    • кӀиго магӀна гӀаксал (антонимиял) рагӀабаздаса лӀугьарал: тӀаде-гъоркье, цебе-хадуб, жаниб-къватӀиб, доба-гьаниб.

РегӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]

Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]