Перейти к содержанию

Абидусалъул сияхӀ (Рамсес КӀудияв)

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Абидусалъул сияхІ (Рамсес ТІадегІанав)» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Абидосалъул сияхӀ, II Рамсесил хӀарамалдаса

Абидосалъул сияхӀ яги Абидосалъул таблица — пиргӀанзабазул цӀаразул сияхӀ, Рамсес КӀудиясул хӀарамалдаса. Гьединабго I Сетил хӀарамалдаса сияхӀалда релъараб, амма гьелдаса квеш цӀунун хутӀараб. Жакъа къоялъ цӀунун буго Лондоналда Британиялъул музеялда, жиндие гьеб сияхӀ 1837 соналъ щвараб.

СияхӀ батана I Сетил хӀарамалъул сияхӀалдаса цебе Арабат-ал-Мафдун абулеб бакӀалда, Нилалъул квегӀаб рагӀалда жиб бугеб. СияхӀ къададаса батӀа гьабуна Алискандериялда вукӀарав паранс генералияв консул Жан Франсуа Мимоца (пар. Jean-François Mimaut).

Абидос шагьаралъул хӀарамалда II Рамсесица гьабун буго хъвай-хъвагӀи, жинца умумузе хӀурмат гьабулеб. Киналго умумузул цӀарал рукӀун руго кӀикъоялда анцӀиде гӀунтӀун, амма гьезул хвечӀого хутӀун буго лъебергоялдаса цӀикӀкӀинчӀеб къадар; живго Рамсесил картушалъул буго 28 такрарлъи. Умумул сияхӀалда рехсон руго тӀаса рищун, гьелъие гӀилла лъалаеб гьечӀо, таблицаялъул байбихьи хун буго. Умумл рехсолаго, XVIII Наслуялъул пиргӀанзабазул цӀараздаса гьел рехсей унеб буго XII Наслуялъул пиргӀавназде, гьеб кӀиябго наслуялъул хурхен гьабиялъул хӀисабалда. Хадуб буго, жал дагьалги церегӀан рукӀарал, 14 пиргӀавнасул картуш.

Таблицаялъ кумек гьабуна Жан-Франсуа Шампольоние XVIII Наслуялъулъул пиргӀавназул тартиб гьабизе ва хадуб Карл Лепсиусие Аменемхет ва Сенусрет цӀарал Манефоница рехсон бугеб XII Наслуялъул пиргӀавналгун данде ккезаризе. Таблицаялъул кьучӀаб хӀалалда хал-шал гьабуна Шарл Теодюл Девериа (пар. Charles-Théodule Deveria) ва Эммануэль Руже (пар. Olivier-Charles-Camille-Emmanuel de Rougé) египтологаз.

Огюст Мариетица 1869–1880 саназ гьабураб Абидосалъул таблицадул реконструкция