Къудукьа МухӀамад

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Đhar aral Avaral» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Къудукьа Мусал МухӀамад, гьединго Къудукьа Мусалав ва ХӀажимухӀамад Ал-Къудукьи ад-Дагъистани абунги лъалев (30 август, 1662, Къудукь, гьанжесеб Хьаргаби мухъ — 19 август, 1717, ХӀалиб, гьанж. Сурия) — авар ва дагъистанияв гӀалимчи-энциклопедист, имам, шайх[1], исламияб ихтияралъул(фикъгьи) ва теологиялъул машгьурал асаразул, гӀараб грамматикаялъул, логикаялъул, философиялъул, математикаялъул, хронологиялъул, некӀсиял мацӀазул ва цогидал гӀелмабазул асаразул автор. Авар хъвавулаб адабияталъул ва поэзиялъул кьучӀ лъаразул цояв рагӀул устар.

Биография[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьавуна гьанжесеб Хьаргаби Мухъалъул Къудукь росулӀ аваразул машгьурав гӀалимчи АхӀмадил Мусал хъизаналда. Мусаласул лъайщщвей байбихьана цин жиндирго инсул мадрасаялда, хадув цӀализе ана Ругъжаве (гьанжесеб Гъуниб мухъ) Абубакарихъе, жив хадув гьесул вакьадлъунги вахъарав.[2] Гьелдаса хадув гьес цӀали давам гьабуна доб заманалъул кӀудиял гӀалимзабазухъ — СугъралӀа ГӀалиризахъ (хвана 1676) ва ГӀободаса ШагӀбан-къадикъ (хвана 1667). Традиционияб лъайщвейги рагӀалде бахъинабун, гьев 15 соналъ ватӀан тун ана ва гӀелу мухӀкан гьабулев вукӀана Египталда, ХӀижазалда ва Яманалда; анкьго соналъ цӀалана исламияб гӀелмуялъулаб дунялалда мужтагьидасул хӀурматияб титул жиндир букӀарв СалихӀ ал-Ямани факъигьасул (хвана 1697) нухмалъиялда гъоркь.[3] МугӀалимасда хадув гьев вукӀана исламалда ижтигьадалъул "каву рагьиялъул" рахъ ккурав чилъун. СалихӀица хъвана тӀехь жиндирго мутагӀиласул хӀакъалъулӀ ва цӀар кьуна гьелъие "Джабал ал-гӀала" (Борхатаб мегӀер) абун. Бакълухъа МухӀамадица накълу гьабураб гьелъул экземпляр нахъе хӀутӀун буго ва цӀуну буго хасаб библиотекаялда.[2] Хукъукъазул суалазда нахъвилӀарав вукӀана шафигӀияб мазгьабалда, дунялбихьиялъул суалазда — ханбалияб мазгьабалда, цо-цо суалазда сверун жиндирго хасал цӀех-рехалги рукӀанак гьарун.[4]

Бергьарав гӀалимчиги вахъун, Мусалав вачӀун вуго Дагъистаналде ва тӀолабго гӀумру гьес кьун буго магӀарулазда гьоркьоб лъай-гӀелму тӀобитӀизабиялъе. Гьес нахъе тараб бечедаб гӀелмуяб ирсалда гьоркьоб руго ГӀарабалдаги Авар мацӀалдаги хъварал шигӀруял асарал. Гьев ккола МагӀарулазул хъвавулаб адабияталъе кьучӀ лъурав тӀоцевесев рагӀул устар. Мусалав хун вуго, Макка-Мадинаялде унаго, Халабала-Алеппо шагьаралда. Гьениб буго гьесул хобги. [5]

Гьадин хъван буго Къудукьа Мусалав абун нилъее машгьурлъарав, магӀарул бергьарав гӀалимчияс жиндирго цӀар. ГьитӀинго инсуда цеве росулъ гӀелмуялъул аслабиги цӀалун, Мусалав ана Ругъжаве, жиндирго вукӀинесев вакьад Абубакарида цеве цӀализе. Гьелдаса хадуб кьучӀаб лъай щвана Мусаласе доб заманаялъ Дагъистаналдаго лъикӀаллъун рикӀкӀарал Сугъралъ ГӀали Ризал ва ГӀободаса ШагӀбан-Къадил мадрасабазда цӀалиялъ. Гьесул цӀалиялде бугеб гъираги, пагьмуялъул бегӀерлъиги ва исламалде бугеб рокьиги жигарчилъиги бихьун, мугӀалимзабазги цӀикӀкӀун кӀвар кьуна гьесул гӀалимчи вахъинавиялде. Гьениб гьес аслияб къагӀидаялъ цӀалана Къуръаналъул гӀелму, тафсир, хӀадис гӀелму, гӀараб мацӀ, фикъгьи ва мантӀикъ (логика). Гьеб цӀали камил гьабиялъул ва тӀадеги лъай тӀалаб гьабиялъул мурадалда Мусалав ана Мисриялде, ХӀижазалде, Йеменалде. Цо-цо мухӀканлъичӀел баяназда рекъон гьев щун вуго: Хъирим, Гъазан, Азарбижан, Иран, Хорасан, Гьоркьохъеб Азия, Турция гӀадал исламиял хӀукуматазде мугӀалимзаби ралагьун. ГӀагараб бакъбаккул хӀукуматазда гьес гъваридго лъазабуна фикъгьи, хӀисаб гӀелму ва философия. Ахирги гьесда рагӀула Йеменалда вугин СалихӀ абун бергьарав гӀалим. Гьенивеги ун Мусалас СалихӀида цебе анкьго соналъ гӀелму цӀалана. Цо-цо баяназда рекъон, доб мехалъ Турциялъул султӀанас Мусалав Мисриялда тана. Гьениб гӀезегӀан соналги ран руго гьес. 1697 абилеб соналъ жиндирго мугӀалим СалихӀ хведал Мусалав Дагъистаналде тӀад вуссуна. Гьелде щвезегӀанги кӀигониги нухалъ вачӀун вукӀун вуго гьев ватӀаналде. Жакъаги нилъее нахъе хутӀарал хъвай-хъвагӀаяз ва кагътаз баян гьабулеб буго гьев кӀиясулго цоцазде букӀараб адабалъул ва рокьиялъул.

Гьаб назму-кагъат букӀине ккола Мусалас Йеменалдаса нахъвуссун вачӀиндал хъвараб. Гьеб СалихӀихъе щвезабунги буго Мусаласда цадахъ дова цӀалулев вукӀарав, гьесул гьудул Бакълъухъа Гъулил МухӀаммадил Мухаммадица. Гьев МухӀаммадги ГӀободаса ШагӀбан-Къадица живго Бакълъухъ дибирлъун вугеб мехалдасаго цӀализавурав цӀакъ лебалав мутагӀил вукӀана. ГӀободаги цӀалун Мусаласда цадахъ гӀелму цӀализе къватӀиве арав гьесул гӀумру къокъаб букӀун буго. Цин росулъеги вачӀун кӀиабизеги Йеменалде арав МухӀаммад хехаб унтиги чӀван доваго хун вуго. Гьесул хӀакъалъулъ цӀакъ дагьал гурого баянал нахъе хутӀун гьечӀо.

Мусалас гьеб кагъат битӀилелде СалихӀица хъван букӀун буго «Жабалул агӀла» абураб тӀехь. Гьединаб тӀехь бугин рагӀидал Мусалас кагъат битӀун буго, Бакълъухъа МухӀаммадида гьарун, цо жиндиеги хъвай гьеб абун. МухӀаммадил квералъ хъвараб гьеб тӀехь гӀебедеги бачӀун, жеги нахъе буго Гиничукьа ХӀайдарбегил тӀахьазда гьоркьоб. Гьел кагътал нахъе цӀунун рукӀиналъ ва тӀахьал цоцазухъе ритӀун рачӀиналъул хӀужабаз нилъее мухӀканлъи гьабулеб буго дол гӀасрабаз Дагъистаналъулги ва исламияб дунялалъулги лъикӀал, щулиял гьоркьорлъаби рукӀиналде.

Дагъистаналде тӀад вуссун хадуб Мусалас байбихьана, унго-унгоги гӀелму щула гьабун, камил гьабун дагӀват гьабизе. Гьес цо заманаялда Къорода мадраса рагьун гьеб хӀалтӀизабуна, хадубги Къудукье вахъана ва, лъикӀаб мадрасаги рагьун, гьенир мутагӀилзаби цӀализариялда тӀад чӀана. Къудукь мадраса гӀицӀго гӀелму цӀалиялда къокълъун течӀо гьес, гьениб Дагъистаналдаго тӀоцебесеб тӀахьазул нусха (копия) бахъиялда кӀвар кьуна. Живго Мусалавги кӀвахӀ гьечӀого тӀахьал хъвалев чи вукӀана. Кинабниги, дол соназ, Мусалас букӀа, гьесул мадрасаялда ругез букӀа, нусха бахъун тӀибитӀизабун бугоан лъабнусгогӀан батӀи-батӀияб тӀехь. Щибаб тӀехьалъулги чанго нусха гьабун бугоан.

ЦохӀо тӀахьал хъваялда ва гӀелму малъиялда тӀадчӀун вукӀинчӀо живго Мусалавги. Гьесухъе рачӀарал масъалабазе кьурал фатвабазул гӀемерал кагътал ратулел руго батӀи-батӀиял росабалъ. ГӀемерисел суалал руго рузман баялда, гьелда хадуб къаде как баялда хурхарал. Бищунго кӀудияб кӀвар кьолеб буго Мусалас вакъпуялъул ракьазул гӀорхъаби чӀезариялде, мутагӀилзабазе напакъа кьеялде, закаат бикьиялде, мирказул бетӀергьанлъи чӀезабиялде, ва цогидалги гӀумру-яшавалда хурхарал суалазе. МагӀарухъ ругел ракьазул бетӀергьанлъи чӀезабиялда тӀасан масъала цебе лъуна Мусалас ХӀижазалда ругелги гӀалимзабазда. МугӀрузул росабалъ гӀадат хӀисабалда рукӀарал гьоркьорлъабазул, гӀемерисел исламиял кьучӀалда лъезе, гьабулеб хӀукму шаригӀаталда борцине, рукӀине кколел шаргӀиял тӀалабал чӀезаризе гӀемерав хӀалтӀана Мусалав ва гьесул заманаялъул гӀалимзаби. ГьедигӀанги мухӀкан гьабун, камил гьабун щулалъизабуна цересел гӀалимзабаз нилъер гьаниб диналъул кьучӀалда яшав гӀуцӀцӀулеб къагӀида. Доб мехалъ цӀакъ захӀматаб суал букӀана росабазе хӀарим, гӀалах, мирк чӀезаби. Гьеле гьеб масъалаялда тӀад кӀудияб хӀалтӀи гьабуна Мусалас, хӀатта щибаб росдал дибирзабазухъе кагътал ритӀунги.

Жиндирго гӀелмияб рахъалъул хӀакъалъулъ абуни, Мусалав цӀакъ гъваридго ва камилго ислам лъалев чи вукӀана.

Бергьун кӀудияб хӀалтӀи гьабуна Мусалас Дагъистаналда гӀараб мацӀ тӀибитӀизабиялъе. 18 абилеб гӀасруялда тӀолго мадрасабазда бищун цӀакъ кӀвар кьун малъулеб тӀехь букӀана Мусалас бахъараб «ХӀашияту гӀалал Чарпарди», ай АхӀмад аль Чарпардица (хвана 1345 с) Ибн аль-ХӀажибал (хвана 1248 с.) «аш-Шафия» абураб тӀохьое хъвараб баяналъе цӀи гьабураб баян. Гьеб буго гӀараб грамматикаялъул тӀехь. Гьеб "ХӀашият" Дагъистан тун къватӀибги цӀакъ къиматаб тӀехьлъун лъугьун букӀана. 1892 абилеб соналъ Турциялда кьабун къватӀибе биччан буго гьеб, цеберагӀиялъе Къудукьа Мусаласул хӀакъалъулъ баяналги хъван. Мусалас бахъана мугӀрузул ракьалда рекъараб рузнама, ай какил заманалъул календарь. Цоги гьесул тӀахьал руго «ХӀисаб аль-Къудутли», «ШархӀу асмаиллагьул хӀусна» абуралги.

Мусалас Дагъистаналъе нахъе тана жиндирго мутагӀилзабаздаса мугӀрул гӀадал гӀалимзаби: МохӀоса Дамадан, Усишаялдаса ХӀажи Давуд, Убраялдаса МухӀаммад, Ругъелдаса ГӀали-КӀули, КӀаратӀаса МухӀаммад, Харахьиса ТӀайгиб, БацӀадаса МалламухӀаммад, Нукъушиса ХӀажи Давуд, Къудукьа ХӀажи ГӀумарил МухӀаммад, Къудукьа БацӀилав МухӀаммад, МачӀадаса Багъучилав ва гӀемерал цогидалги. Бергьарав гӀалимчи вукӀана Мусаласул вас Абубакарги. Бицен буго, гьес гьикъарабила инсуда нилъер кинасул гӀелму цӀикӀкӀун бугебилан. Мусалас васасда абун буго дуе дун гӀадав чи диеги ватун вукӀаравани, дир гӀелму жеги цӀикӀкӀун букӀинаанилан.

Цо-кӀиго назму батани гурого, Мусаласул магӀарул мацӀалда хъварал тӀахьал ратичӀо, гьел рукӀинчӀогоги ратизе рес буго. Щай абуни, дол соназ магӀаруллъиялда гӀажам мацӀ гьедигӀанго цебе тӀун букӀинчӀо ва Мусаласул тӀахьалги гӀелмуги букӀана лъикӀаланго гӀелму цӀаларал мутагӀилзабазе бихьизабураб. Гьелъги батизе буго, гьел данде гьарун къватӀире рахъиялда тӀад хӀалтӀи гьабичӀого хутӀун. Дамаскалда бугеб бищун кӀудияб исламияб библиотекаялда Мусаласул хатӀалъ хъвараб кӀигониги тӀехь буго цӀунун.

Сириялъул ХӀалаб шагьаралда Мусалас кӀигониги сон банилан абула мугӀалимлъун хӀалтӀулаго. Гьенив 1717 соналъ къадаралде щун, шагьаралъул хабалалъ вукъунги вуго. [6]

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Д. Фурман: Чечня и Россия: общества и государства — С. 51
  2. 2,0 2,1 "Мусалав из Кудутли (1652–1717)". ISLAMDAG.RU. Халагьи 2017-01-31.
  3. "Йеменский след в истории Дагестана (Али Албанви) / Проза.ру". www.proza.ru. Халагьи 2019-10-16.
  4. Цитатинабиялъул гъалатӀ:Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб Алкадари -лъе текст бихьизабун гьечІо
  5. http://www.fatӀha.ru/regӀony/daghestan/avary/avar/abubakaraӀmakӀ.htm (хвараб регӀел)
  6. http://www.assalam.ru/avar/2008/a254/09-s.shtml