Январь

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Январ» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
январ
Ит Тл Ар Хм Рз Щт Гь
1 2 3 4 5 6 7
8 9 10 11 12 13 14
15 16 17 18 19 20 21
22 23 24 25 26 27 28
29 30 31        
2024 с.

Январ — юлианияб ва григорианияб календаразда лъагІалил тІоцебесеб моцІ. Жодор 31 къо бугел анкьабго моцIалъул цо моцI.

Январ, Leandro Bassano

Дагъистаналъул тарихалда январь моцI[хисизабизе | код хисизабизе]

  • 1262 соналъул 13 январалда Терек гӀурул рагӀалда Хулагидазул ва Меседил Ордаялъул ханзабазул аскаразда гьоркьоб рагъ ккана.
  • 1742 соналъул январалда Табасараналде ва Ахтиялде данде Ираналъул аскараз рагъ байбихьана.
  • 1804 соналъул январалда ЦӀоралде ана генерал Василий Гуляковасул бетӀерлъиялда гъоркь рагъулаб экспедиция. Гьенив Закатала округалда 15 январалда генерал В.С. Гуляков чӀвана.
  • 1811 соналъул январалда Табасараналда байбихьана восстание.
  • 1829 соналъул январалда Дагъистаналъул ханзаби Сурхайие ва Абу-СултӀан-Нуцалие чӀезабуна гӀарцулаб харж. 1830 соналъул январалда имам ГъазиМухӀамадица гӀандисезда шаригӀат * [[босизабуна.
  • 1833 соналъул январалда ГьоцӀалъ ахӀараб гӀалимазул данделъиялда ХӀамзат-бег лъазавуна имамлъун.
  • 1841 соналъул 1 январалда гӀуцӀана Каспиялъулаб область.
  • 1878 соналъул январалда «Тушманасулгун гьарулел ишазулъ тӀокӀлъиялъе гӀоло» гӀурус Императорасул армиялъул генерал-лейтенант Балакиши Араблинскиясе (Али-бек) (1828-1902) кьуна ГӀазизай Аннал 2-абилеб даражаялъул орден.
  • 1897 соналъул 1 январалда Ереваналда гьавуна Дагъистаналъул политикияв хӀаракатчи, 1942-1948 соназда КПССалъул Дагъобкомалъул тӀоцевесев секретарьлъун хӀалтӀарав ГӀазиз ГӀалиев.
  • 1910 соналъул 17 январалда гьавуна Дагъистаналъул политикияв ва жамгӀияв хӀаракатчи ХӀажагӀали Даниялов.
  • 1914 соналъул 3 январалда гьаюна РСФСРалъул ва Дагъистаналъул халкъияй артистка Барият Мурадова.
  • 1914 соналъул 6 январалда гьавуна Дагъистаналъул хъвадарухъан Анвар Аджиев.
  • 1916 соналъул 14 январалда гьавуна Дагъистаналъул хъвадарухъан Хизгил Авшалумов.
  • 1918 соналъул январалда Темир-Хан-Шураб тӀобитӀараб мугӀрузул халкъазул ӀӀӀ съездалда ХӀоцоса Нажмудин цӀидасан вищана тӀолгодагъистаналъулго имамлъун.
  • 1921 соналъул 20 январалда, 1920 соналъул ноябралда Темир-Хан-Шураб тӀобитӀараб съездалдаса хадуб, ВЦИКалъул Декреталда рекъон, гӀуцӀана Дагъистаналъул Советияб Социалистияб Республика.
  • 1926 соналъул 7 январалда гьавуна Дагъистаналъул росдал магӀишаталъул институталъул ректорлъун гӀемерал соназ хӀалтӀарав профессор МухӀамад Жамбулатов.
  • 1931 соналъул 14 январалда Москваялъул Кремлялда «10 соналда жаниб Дагъистаналъул цебетӀеялъул хӀакъалъулъ» абураб докладгун цеве вахъана Дагъсовнаркомалъул председатель Жалалудин Къоркъмасов.
  • 1934 соналъул январалда хъвадарухъан, кавказовед А. Аршарунил бетӀерлъиялда гъоркь Дагъистаналде бачӀун букӀана СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул къокъа.
  • 1935 соналъул январалда ДагъЦИКалъул членаллъун рищана хъвадарухъаби С. Стальский, ХӀ. ЦӀадаса, А. МухӀамадов, Р. Нуров ва Б. Астемиров.
  • 1938 соналъул 30 январалда гьавуна 1987-1997 соназда Дагъистаналъул хӀукуматалъул вукӀарав председатель, политикияв хӀаракатчи ГӀабдуразакъ Мирзабегов.
  • 1939 соналъул январалда СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул хӀукмуялдалъун ЦӀадаса ХӀамзатие кьуна «ЗахӀматалъул БагӀараб Байрахъ» орден.
  • 1943 соналъул 25 январалда ДАССРалъул СНК ва ВКП(б)ялъул обкомалъул бюроялъул хӀукмуялдалъун республикаялъул МТСалдаса Ставрополь краялъе кумекалъе механизаторалгун цадахъ битӀана 300 трактор.
  • 1944 соналъул январалда, Сталинград цӀунулаго, бахӀарчиго рагъана ва нус-нус фашистал гъурана дагъистаниял — Совет Союзалъул БахӀарзал, летчик Амет-Хан Султаницаги пулеметчи Ханпаша Нурадиловасги.
  • 1947 соналъул 27 январалда гьавуна Дагъистаналъул Халкъияв БахӀарчи, сахлъицӀуниялъул ва жамгӀияв хӀаракатчи АхӀмад Саламов.
  • 1951 соналъул 4 январалда Шамил районалъул КъахӀиб росулъ гьавуна СССРалъул Художниказул союзалъул член, Ленинилаб Комсомолалъул премиялъул лауреат, Дагъистаналда рагъулаб искусствоялъул школалъе кьучӀ лъурав ХӀусейн МухӀамаев.
  • 1951 соналъул январалда СССРалъул Министрзабазул советалъ, гьоркьоб лъун, халгьабуна «ДАССРалъул росдал магӀишат цебетӀезабиялъул хӀакъалъулъ» суалалъул.
  • 1951 соналъул январалда Швейцариялда хвана Тарковский шамхалазул ахирисев вакил – НухӀбег Тарковский. 1951 соналъул 19 январалда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ гьавуна Россиялъул БахӀарчи, Дагъистаналъул жамгӀияв хӀаракатчи, космонавт МухӀамад ТӀолбоев.
  • 1954 соналъул 1 январалда гьавуна Дагъистаналъул халкъияв артист, Музыкантазул союзалъул председатель Хан Баширов.
  • 1955 соналъул 26 январалда гьавуна Дагъистаналъул рохьил магӀишаталъул Комитеталъул председатель ГӀалибег ХӀажиев.
  • 1962 соналъул 5 январалда гьавуна Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат МухӀамад Асиятилов.
  • 1962 соналъул 14 январалда гьавуна гӀелмияв хӀаракатчи, Дагъистаналъул университеталъул ректор МуртазгӀали Рабаданов.
  • 1976 соналъул 10 январалда сардилъ Дагъистаналда 5 баллалде бахараб гучалда ракьбагъарана.
  • 1976 соналъул 14 январалда гьавуна Хунзахъ районалъул бетӀер СагӀид Юсупов.
  • 1990 соналъул январалда ахӀана Дагъистаналъул бусурбабазул тӀоцебесеб съезд. Гьенибго гӀуцӀана бусурбабазул динияб идара (ДУМД) ва вищана муфтий.
  • 1991 соналъул 29 январалда СССРалъул гӀелмияб Академиялъул Президиумалъ хӀукму гьабуна СССРалъул гӀелмияб Академиялъул Дагъистаналъул филиал СССРалъул гӀелмияб Академиялъул Дагъистаналъул гӀелмияб Централде сверизабизе ва гьелъул Президиумалъул председательлъун ХӀажи ХӀамзатов тасдикъ гьавизе.
  • 1992 соналъул 24 январалда Россиялъул хӀукуматалъ къабул гьабуна «Репрессиялде ккарал Дагъистан АССРалъул халкъазул ихтиярал цӀуниялда бан гьаризе кколел цебесеб кӀваралъул тадбирал» абураб хасаб хӀукму.
  • 1996 соналъул 9 январалда радал сагӀат 6-ялде бащдаб хӀалтӀараб заманалда С. Радуевасул ва Х. Исрапиловасул бетӀерлъиялда гъоркь яргъид гӀуцӀараб хъачагъазул къокъа Гъизляр шагьаралде тӀаде кӀанцӀана.
  • 2003 соналъул 22 январалда Москваялда Дагъистаналъул Пачалихъияб Советалъул председатель МухӀамадгӀали МухӀамадовасе кьуна Халкъазда гьоркьосеб Академиялъул «ХӀурматияв академик» абураб цӀар ва диплом.
  • 2007 соналъул 22 январалда Дагъистаналъул хӀукуматалъ, мухӀкан гьабун, къабул гьабуна «ЦӀияб Лак» районалдаса цӀигӀуцӀулеб районалде гочине кколев 10662 чиясдасан гӀуцӀараб сияхӀ (2 982 хъизан).
  • ХӀуригат бахъун хадуб Советияб хӀукумат щвана Кавказалдеги. 1920 соналъул ноябралда Темир-Хан-Шураб тӀобитӀараб съездалдаса хадуб, ай 1921 соналъул 20 январалда ВЦИКалъул Декреталда рекъон, гӀуцӀана Дагъистаналъул Советияб Социалистияб Республика. СССРалъул заманалда гьеб кколаан РСФСРалъул цо бутӀалъун[1].

ХIужаби[хисизабизе | код хисизабизе]