Шаблон:ТӀасарищарал
ХӀамзатил Расул — Дагъистаниязулги турказулги маданиялгун адабиял бухьеназул буго кӀудияб ва бечедаб тарих. Гьезул байбихьи уна хӀатта анцӀила лъабабилеб гӀасруялде щвезегӀан. БатӀи-батӀияб къисмат букӀана гьезул: цин загӀиплъун, цинги камиллъун, амма, сундухъго балагьичӀого, гьел кидаго церетӀолел рукӀана. Жакъа гьел бухьенал рахана цӀияб даражаялде, цӀилъана гьезул хӀасилги хасиятги ва гьениб кӀудияб, аслияб бутӀа лъугьана ХӀамзатил Расулил адабияб хӀаракатчилъиялъ. ↪ жаниса цІализе ›››
Дие бокьун буго гьаниб маг1арулазул, ай аваразул тарихалда хурхараб бицен баян гьабизе. Аваразул тарих жейги бук1ине кколеб къаг1идаялда ц1ех-рех гьабун лъазабун гьеч1о, гьединлъидал аваразул тарихалъул нилъеда лъаларел балъгоял рахъал г1емер руго. Цо-цо тарихчаг1аца аваразул миллат кидаго Кавказалъул муг1рузда бук1араблъун бихьизабулеб буго, цойгидаз абуни гьел гьеб Кавказалъул муг1рузде рач1араллъун рихьизарулел руго. Х1акъикъаталдаги балагьараб мехалъ, аварал Кавказалъул муг1рузде рач1ун руго, жакъа нилъеда гьелъул тарих ч1езабизе к1олеб гьеч1ониги, гьел гьенир гочарал рук1ин х1акъаб иш буго. Аварал гьенир рач1аралдаса 2-3 азарго сон бан батизеги бегьула. Х1акъикъаталда авараз кавказалда ц1ик1к1араб, ай аслияб бак1 кколеб бук1ана. Аваразул ханлъи т1ибит1араб бук1ана г1емерисеб гьанжисеб Дагъистаналъул бугеб, Азербайджаналъул северияб рахъалда бугеб цо-цо гуржиязул территориялда ругел рахъазде. Жакъа руго цо-цо г1алимзаби жидеца кьуч1ал х1ужабиги рачун бихьизабулел доб Европаялда бук1араб Аваразул Каганат, Дагъистаналда ругел аваразул умумузул бук1ин. Х1акъикъаталдаги хал гьабун данде ккураб мехалда гьелъие цо-цо х1ужаби ратулел руго. Масала, Аваразул каганасул ц1ар - БАЯН - гьеб аваразул раг1и буго. Нилъеца абула баян гьабизе, ай бич1ч1изабизе (объяснить).Цойги, Баянил лъадиялъул ц1ар - Хъатун, гьаб аваразул раг1и буго х1алт1изе гьабула бикагог1адин, ай госпажа х1исабалда х1алт1изабулаан. Хадубги Баянил хъулухъчаг1и тудунал (будунал), ай жакъа авразул мац1алда как ах1улел чаг1и щал кколел? Ва гьел гурел цогидалги.
Гьединго авразул тарихияб цебегосеб мац1алъул раг1аби росани, ай жал цойгидал халъкъазул мац1аздалъун хисич1ел (под влиянием других языков), гьенир нилъеда ратула г1езег1анго раг1аби славяназул халкъаз жал х1алт1изарулел.Масала, аваразул - кащ - г1урусазул каша. Причем кащ -
исконно аварское слово, аварское килищ - русское клешня, аварское нус, русское - нож, аварское наку, русское нога, аварское хъазахъ (раб), русское казак - беглый раб. Гьединал раг1аби г1емер руго. Гьеб гуребги авар мац1алда хурхарал Европаялда ругел бак1азул ц1аразги бицуна гьеб. Масала Средиземное ралъдалъ бугеб ч1инк1иллъи (остров) гьелда ц1ар буго Гозо, щибха кколеб гозо авар мац1алда? Гьеб ч1инк1иллъи релъараб буго гозоялда.
Б / ала́гьея!