Шаблон:ЛъикӀал
Материал из Wikipedia
(перенаправлено с «Шаблон:ЛъикІал»)
МагӀарулал — Дагъистаналъул бищун кӀудияб миллат ккола. МагӀарулаз гӀумру гьабулеб буго Дагъистаналъул ракьалъул кӀудияб бутӀаялда. МугӀрузда, ва лъарагӀлъиялда (Шурагьиб (Буйнахъский), Салахъала (Хасавюрт) ва гь. г. ц. районаздаги). Дагъистаналда гуребги магӀарулаз гӀумру гьабулеб буго Чачаналъ, Гъалмугъалъ ва цогидал россиялъул ракьаздаги, ва жеги Азарбижаналда (Билкан, Закатала ва КъахӀиб районазда), Гуржиялъ (къварелал), ва Туркеялда. Закаталаялда нижеца бана кӀиго анкьгӀанасеб заман. Нижеда дандчӀвана гӀемерал батӀи - батӀиял гӀадамал. Ниж щвана гӀемерал магӀарул росабалъе - ЧӀарихъе, Лъебелобаялде, КӀатӀехире, МецӀихире, Даначиялде, Къабахчеялде ва гь.ц. ↪ жаниса цІализе ›››
Б / ала́гьея!