ЦӀорол мегӀер

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ЦӀорол мегӀер?
Бищун борхатаб бакӀ
Абсолютияб борхалъи4285 Метр
Дандеккураб борхалъи1263 Метр[1]
Локация
42°29′32″ ш. гӀ. 45°46′51″ бб. х.HGЯO
Пачалихъал
 Медиафайлал Викигъамасалда

ЦӀорол мегӀер (гІур. Диклосмта́; чач. Дукълуо-Лам) — ккола КӀудияб Кавказалъул машрикъ рахъалда ГӀазулаб щобалъул балалда бугеб мегӀер. Гьеб буго Буртиялдаги Дагъистаналдаги Гуржиялъдаги гьоркьоб бугеб тӀабигӀатияб гӀурхъи. Топонимия: (чач. Дукълуо-Лам) таржама «ГӀазулаб щоб».

Цо-цояца гьелда ГьакъомегӀериланги абула.

МегӀералъул чамалиго тӀогь буго, гьездасан бищун рорхатал ккола:

  • Аслияб Диклосмта, борхалъи 4285 м (мегӀералъул бищунго борхатаб тӀанкӀ, координатал: шималияб гӀеблъиялъул 42°31’ ва машрикъияб халалъиялъул 45°46’)[2];
  • Машрикъияб Диклосмта, борхалъи 4275 м;
  • Магърибияб Диклосмта.

Цогидал мугӀруздасан батӀа гьабула хадур рехсарал габурлъияца:

  • Бакъбаккул Дикло, борхалъи 3780 м
  • БакътӀерхьул Дикло, борхалъи 3715 м
  • Нислия, бохалъи 3870 м

МегӀералда цӀер чӀварал бакӀал гӀемер руго. ИчӀго кидаго букӀунеб цӀералъул гӀаммаб площад буго — 5,1 км². Гьеб цӀер лъугӀизе лъим баӀуна Хуландой, Черо ва Гьакъо лъараз.

Росаби[хисизабизе | код хисизабизе]

МегӀералъул ракьанлъабахъ руго росаби: гуржиязулДикло (къилабгун-бакътӀерхьудахун) ва Ибцохи (къилабалдехун); къиялазул (чачаназул)Хуландой (шималалдехун); магӀарулазулХушати (къилабалдехун) ва Гьакъо (бакъбаккудехун).

ХӀужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Линкал[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. REDIRECT Шаблон:Russia-geo-stub