ЦӀадаса ХӀамзат

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ЦӀадаса ХӀамзат
Файл:Гамзат Цадаса и Расул Газатов.jpg
Миллат Аварав
Эмен Юсупил МахӀама
Лъимал ХӀамзатил Расул ХӀамзатил ХӀажи
Адабияб гьунар
Пишаялъул тайпа
  • ШагІир
  • прозачи
  • публицист
  • жамгІияв ва сиясияв хъулулухъчи
  • таржамачи
 Медиафайлал Викигъамасалда

ХӀамзат ЦӀадаса (21 август 1877 — 11 юн 1951) — авар совет поэт ва драматургист, пачалихъияв хъулухъчи. Дагъистаналъул Автономияб Совет Социалистияб Республикалъул халкъияв поэт (1934). КӀиабилеб даражадуо Сталинилаб премиялъул лауреат (1951).

Биография[хисизабизе | код хисизабизе]

Файл:Гамзат Цадаса и Расул Газатов.jpg
ЦӀадаса ХӀамзат ва ХӀамзатил Расул

Гьев гьитIинго бесдаллъана, эмен хведал гьесул 7 сон букIана, гьитIинго камуна эбелги. Гьев цIалана мадрасаялда ва лъабго соналъ хIалтIана имамлъун ЦIада росулъ. 1917—1919 соназ хIалтIана Хунзахъ мухъалъул шаргIияб махIкамаялда. 1921—1922 хIалтIана «БагIарал мугIрул» джаридаталъул бетIерав мухбирлъун, гьениб загьирлъана ХӀамзатил шагIирчиясул гьунарги.

Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

Файл:Памятник Гамзату Цадаса Махачкала.jpg
МахӀачхъалаялда ЦӀадаса ХӀамзатил памятник

ТIоцебесеб кечI "ГIалибегил гьве" хъвана I4 сон барав ХӀамзатица. Гьес жиндирго шигIрабазулъ махсаруялдалъун хъватIир чIвазарулаан доб заманаялъ рилъанхъун рукIарал гIадатал, бечедал бегавулазул, ричарухъабазул, муллабазул гIумру-яшав.[1] Гьесул шигIрабазул тIоцебесеб мажмугI "ГIадатазул жул" къватIибе биччана 1934 соналъ. Гьебго соналъ гьесие щвана тIоцебе Дагъистаналъул АССРалъул Халкъияв шагӀирасул цIар - щапакъатги.

Щапакъатал[хисизабизе | код хисизабизе]

  • Дагъистаналъул АССРалъул Халкъияв шагӀир (1934)
  • БагIараб захIматчагIазул байрахъалъул орден (31.01.1939)
  • «Кавказ цIунаралъухъ» медаль
  • «КIудияб ватIанияб рагъда гIахьаллъаралъухъ 1941—1945» медаль
  • Ленинил орден (22.02.1944) — хъвадарухъанлъиялъул 50 сон тIубаялъе
  • Ленинил орден (1947) — гIумрудул 70 сон тIубаялъе
  • Сталинил премия II даражаялъул (1951)
  • Дагъистаналъул АССРалъул пачалихъиял грамотаби

ХӀужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Гамзат Цадаса "Сказка о зайце и льве".

Линкал[хисизабизе | код хисизабизе]


тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.