Сулахъ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Сулахъ
Сулахъалъул расалъи
Хасиятал
Халалъи 169 км
Лълъел харж  
 • БакӀ ГӀурукӀалудаса 123 км
 • Гьоркьохъеб 176 м³/с
Бассен
ГӀатӀилъи 15 200 км²
ГӀаркьелал  
 • Кваранида Авар-гӀор, ЧвахунбакӀ
 • КвегӀида ГӀанди-гӀор, ХъахӀаблъар, Лъар
Лълъел объектал ЧӀикӀа-хӀор
Лъелчвахел
БетӀер гӀорал журанбакӀ: Авар-гӀор ва ГӀанди-гӀор
 • Борхалъи 360 м
 • Координатал 42°47′27″ ш. гӀ. 46°47′46″ бб. х.HGЯO
КӀал Каспий ралъад
 • Бугеб бакӀ Сулахъ
 • Борхалъи -28 м
 • Координатал 43°15′16″ ш. гӀ. 47°32′54″ бб. х.HGЯO
Бугеб бакӀ
Пачалихъ
Икълим Дагъистан
Мухъал Бакълъул мухъ, Онсоколо мухъ, Шурагьиб мухъ, НахъбакӀ мухъ, Гелбахъ мухъ, Турхъалиб мухъ, Дибирилросу мухъ, МахӀачхъала
ПЛъР код 07030000112109300000254[1]
Сулахъ (Дагъистан)
Зодикьераб тӀанкӀ
ХъахӀилаб тӀанкӀ — гӀурукӀал
Зодикьераб тӀанкӀ — бетӀер, ХъахӀилаб тӀанкӀ — кӀал
 Медиафайлал Викигъамасалда

Сула́хъ — Дагъистаналда бугеб гІор, жиб Авар ва ГӀанди гӀорал жураб лӀугьараб. Эбги элъул системалъул гӀоралги чвахула Дагъистаналъул магӀарул мухъаздаса хьундабгин бакъбаккудехун, Каспий ралъдалӀе.

Ккола Хьундагин Бакъбаккул Кавказалъул чӀахӀиял гӀоразул цояб, гьелъул бассеналдаса хьундехун буго Терк гӀурул бассен, бакъдехун — Самуралъул бассен. БакътӀерхьудехун буго ГӀурахъ бал.

Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]

«Дербенд-наме» тарихалда рехсон буго "Ихран-гӀор" (АваргӀор, жиб ГӀанди-гӀоргун жубан Сулахъ лӀугьунеб), бицунеб буго Асфандияр шагьасда ракӀалда букӀанила элъул цӀар хисизе «Akhar-ul-hol» абун. Гьеб цӀар ГӀалиханил Макъсудица рикӀкӀунаан «Аварул-гӀор» абуралдаса буссинабураб бугилан[2][3][4].

География[хисизабизе | код хисизабизе]

Халалъи буго 169 км (336 км ГӀанди-гӀоргун), лъим бакӀарулеб бассеналъул гӀатӀилъи — 15200 км²[5]. Сулахъалъул бетӀер буго Хьиндаллъуда, Бакълъул ва Онсоколо мухъазда гьоркьоб; лӀугьараб буго АваргӀорги ГӀанди-гӀорги жубан. Цин чвахула Сулахъалъул кӀудияб кӀкӀалахъан (гъварилъи 700—1500 м) хьунда-бакъбаккудехун, хадуб Ахакь кӀкӀалахъан, ЧӀикӀаб гӀатӀилъухъан, Сулахъалъул гьитӀинаб кӀкӀалахъан, хадуб Миякьуб росдада аскӀоб Сулахъ гӀатӀилъулеб расалъудасан баккула лъарагӀлъуде, тӀубан мугӀрул тола гьелъ Гелбахъа бакъдехун рахъалда. Гьениб Сулахъ бикьула кӀиго гӀаркьалиде: жибго Сулахъ ва ГьитӀинаб Сулахъ. Цинги гӀор чвахула Теркгин Сулахъалъул гӀодолъудасан, хьунда-бакъдехун гӀ-ш. 25 км-алъ, гьениб бакъбаккудехун сверула, гӀ-ш. 50 км-алъ чвахун, щола Каспий ралъдалӀе. Сулахъалъул делта буго Терк гӀурулалдаса гьитӀинаб.

Гьидрология[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀурул хьихьел буго жубараб, цӀиккӀанисеб бутӀа гӀаздалабгун. ГӀорщвей букӀуна априлалдаса септембралде щун юн — юлалда максимумгун. ЛъагӀалил гьоркьохъеб лъелхарж гӀурукӀалудаса 123 км-алъ рикӀкӀад — 176 м³/с. Гъоркьохъеб хӀабургъин буго 450 г/м³, бищун цӀикӀкӀараб — 45 000 г/м³.

ГӀаркьалаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Сулахъ гӀор лӀугьуна хадусел гӀорал журан:

  • ГӀанди-гӀор, чвахула хьунда-бахъбаккудехун во жубала Авар-гӀоргун.
  • Авар-гӀор чвахула цин хьунда-бакъбаккудехун, хадуб Зиранибе щолелъул хьундагин бакътӀерхьуде буссу, цинги жубала ГӀанди-гӀоргун.
  • ЧӀегӀергӀор чвахула Авар-гӀурулӀе Хьаргабиса 10 км-алъ хьунда-бахъбаккудехун, элъул гӀаркьалабилъун руго Къаралазул-гӀор, Кьенсерухъ, РисгӀор.

Жибго Сулахъ гӀурулӀе чвахулеб бищун кӀудияб гӀаркьел ккола ХъахӀаблъар, гьеб гуребги руго Лъарги квегӀидехун ЧвахунбакӀ-гӀорги.

Сулахъ (Дагъистан)
ТӀанкӀ
бетӀер
ТӀанкӀ
кӀал
ТӀанкӀ
ГӀанди-гӀор
ТӀанкӀ
АваргӀор
ТӀанкӀ
ЧӀегӀергӀор
ТӀанкӀ
Гъумеки-гӀор
БагӀараб тӀанкӀ
Хьаргаби
Сулахъги элъул гӀаркьалабиги

ЧӀел-бакӀал[хисизабизе | код хисизабизе]

Сулахъалда руго Гелбахъ шагьар, НахъбакӀ мухъалъул Хадум, гӀурукӀалухъ — Сулахъ.

МагӀишаталъе хӀалтӀизаби[хисизабизе | код хисизабизе]

СулахъалтӀа руго гьидроэлектростанциязул каскад: Миякьо ГьЭС, Гелбахъ ГьЭС, ЧӀикӀа ГьЭС, гьединго гьитӀинаб Байитухъ ГьЭС, эзул чӀезабураб кинабниги кӀвейи буго — 1345,6 МВт, тӀадеги планазда буго гьитӀинал гьидроэлектростанцияби рай, жидер кинабниги кӀвейи 46,2 МВт бугел.

ГӀурул лъим бачун буго МахӀачхъалалдеги Каспихъеги.

Лълъел реестралъул баянал[хисизабизе | код хисизабизе]

Россиялъул пачалихъияб лълъел реестралъул баяназда рекъон, Сулахъ ккола БакътӀерхьул Каспиялъул бассенияб сверухълъуде.[5].

Обйекталъул код пачалихъияб лълъел реестралда — 07030000112109300000254[5].

Галерея[хисизабизе | код хисизабизе]

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Ресурсы поверхностных вод СССР: Гидрологическая изученность. Т. 9. Закавказье и Дагестан. Вып. 3. Дагестан / под ред. П. П. Буртовой. — Л.: Гидрометеоиздат, 1964. — 76 с.
  2. ГӀалиханил, Макъсуд; ШихсагӀидов А. Р., ред-л. (2007). Дербенд-наме: историческая хроника [Дербенд-наме: гьисторикаб хроника] (in русский). МахӀачхъала. гь. 94.{{cite book}}: CS1 maint: location missing publisher (link)
  3. Тарихи Дербенд-наме: с 9-ю приложениями: перевод с языков: тюркского, арабского, персидского и французского : [арх. 14 октобер 2022] / под ред. М. Алиханова-Аварского. — Тифлис : [б. и.], 1898. — С. 95—96. — 192 с.
  4. Хапизов Ш., Абдулмажидов Р., Акопян А. К ВОПРОСУ О РАННЕМ ЭТАПЕ РАСПРОСТРАНЕНИЯ ХРИСТИАНСТВА В ДАГЕСТАНЕ (НА ОСНОВЕ АРМЯНСКИХ ИСТОЧНИКОВ) // CAUCASO-CASPICA. Труды Института востоковедения Российско-Армянского (Славянского) университета. — 2021. — Вып. VI. — С. 21.
  5. 5,0 5,1 5,2 Халип:ГВР

РегӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]

Халип:Сулахъ