Рихьуни

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Росу
{{{1}}}
Пачалихъ Россия
Жумгьурият Дагъистан
Муниципалияб мухъ Унсоколо
Координатал 42°38′51″ ш. гӀ. 46°54′29″ бб. х.HGЯO
Площад 40,49 km²
Расмияб мацІ авар ва гІурус мацIал
Халкъалъул къадар 1800[1] чи (2002)
Миллатал аварал
СагІтил рачел UTC+4
Телефоналъул код 87257
Почалъул индекс 368946
ОКАТО 82253830001
{{{1}}} (Россия)
ТӀанкӀ
{{{1}}}

Ри́хьуни, яги Иргьа́н (гІур. [ Иргана́й] Error: {{Lang}}: text has italic markup (help)) ккола Дагъистан жумгьурияталъул Унсоколо районалъул росу.

Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]

Ри́хьуни букIа, Иргьа́н букIа – цониги рагIуе лъаяца чIчIезабураб этимология гьечIо, амма гьел рагIаби авар (яги аваргун-гIанди) рукIин хIакъаб жо буго. Хьиндаллъуда ругел росабазул цIарал гIемерисеб бутIа лIугIула V сериядул локативазда («жаниб, жанибхун»), гьаниб – V серия. Гьебги кIиго батIияб буго: бигьагояб (-б/-в/-й/-р < *=) ва кIижубараб (-nV- + *=, цIале: -ни-б, -но-б ва гь.ц.). Суффикс -nV букIине бегьула *= гьечIогоги (рорце: къотIно́, чохьо́ни ва гь.ц.), гьедингоял руго Хьиндалазул некIсиял бакIицIаралги: Ри́хьу-ни, Хъара́-ни, Зира́-ни, ГьаркIа́су-ни, Гьара́кIу-ни. Гьелда рекъон, Ри́хьуни абураб рагIиги авараб ккола, амма кьолбол магIна унго кинабали лъазе захIматаб буго. Авар мацIалда рихь абураб рагIуца кьола гьал магIнаби: 1) бидурихь, би жанисан чвахулеб букIунеб къаркъаладулI бугеб мащу 2) хIайваназул гIавратлогол цIар 3) =ихь- «бер балагьун щиб букIаниги цебетIамизе, цебелъезе» кьолбодасан бачIараб р-ихь- абураб яги масдар, яги цIарубакI. Бачине бегьула лъабабилеб момент: гьелда рекъон, Ри́хьуни-дул магIна ккола «бихьулеб жаниблъи [яги росу]», амма нилIеда лъазе ккола Рихьуни бакIалда аварацацин Иргьанинги абулеблъи (яги абулебанлъи). ЛъарагIгун-турказ тIибитIизабулеб буго мекъаб гипотеза, гьазул рагIи кколин гьебан абун, амма гьезда киданиги бичIчIичIо жал мекъ рукIине бегьулин абураб жо: гьаб кьибилгицин бачIине бегьула аваргун-гIанди мацIаздасан. Авараб гIор абураб рагIи лIугьун буго протоаваргун-гIанди мацIадул кьолбодасан, амма гIанди мацIцIазул магIна батIияб ккола – «магIданлъи; магIданлъим» (масала: тIинд. reha < *rihV), гьелда рекъон *ʔirhV-n(V) < *rihV-, «магIданлъим бугеб бакI» магIнагун. Гьебни гьереси гьабизе бегьилаан, амма рихьундерил магърибгун-шималияб рахъалда буго гьабсагIалъгицин reha бугеб бакI. Церегоялдаса нахъе гьенибе хьвадулаан тIолго Хьиндаллъи. Генуса, ГъеникIкIалал тIалъудаса Щугъире рачунеб, гендерил умумуца гIуцIцIараб нухдацин цIар буго Иргьа́нс-Ну́хал абун. Рихьуни букIине бегьула аварабураб *rVhV абураб рагIи. Гьедингояб ккола гIанди́ абурабги – гIандияб *Gʷan- абураб рагIудаса бачIараб.

Ракьхъвай[хисизабизе | код хисизабизе]

Росу ккола АваргІорул рагІалда, районалъул центр Унсоколо росдадаса жанубиябгун-бакъбаккулл рахъалдехун 18 км рикІкІад.

Халкъалъул къадар[хисизабизе | код хисизабизе]

  • РикIкIун вуго 1.8 азарго чи (2002)[1] соналъ.
  • Аваразул (магIарулазул) росо.

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

  • Гьеб букІана (ХIХ гІасруялъ) росдал жамгІияталъул центрлъун.
  • ТІубанго биххун букІана (1970) соналъ ккараб ракь багъариялъул хІасилалда.

2008 соналъ Рихьуни хІоралда гъоркье ккун росу тІерхьана, гІадамалин абуни ЦІияб Рихьуни росулIе гочинаруна[2].

Росдал тарихиял бакІал[хисизабизе | код хисизабизе]

  • Бронзадул мехалъ букІараб ракьукь бугеб нохъо.

ХIужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. 1,0 1,1 ЕДИНЫЙ РЕЕСТР АДМИНИСТРАТИВНО-ТЕРРИТОРИАЛЬНЫХ ЕДИНИЦ РЕСПУБЛИКИ ДАГЕСТАН. 2007
  2. В Дагестане затоплено село Ирганай. Жителям не дают протестовать, ссылаясь на «контртеррористическую операцию»

Ссылкаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

  • Дагестанская АССР: Административно-территориальное деление. — Махачкала: Дагестанское кн. изд-во, 1966.
  • Дагестанская АССР: Административно-территориальное деление. — Махачкала: Дагестанское кн. изд-во, 1980.
  1. перенаправление Шаблон:Унсоколо мухъ


тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.