МухӀаммад авараг
МухӀаммад авараг (гӀараб мацӀалда محمد بن عبد الله) (жинда ссалат-салам лъеяв)
МуртазагӀали – МухӀамад аварагасул цӀаразул цояб.
МухӀаммад авараг Маккаялда гьавуна ГӀабдуллагь инсуе Аминат эбелалъе. Эбелалъул ургьив вукӀаго гьесул эмен хвана, анлъго сон тӀубан хадуб эбелги хвана. ХӀалиматица хахизавуна, эбел эмен хун хадув кӀудияв эмен ГӀабдулмутӀалибица хьихьана, гьев хун хадуса инсул вац АбутӀалибица хьихьана. ГьитӀинаб къоялдаса нахъе гӀамал тӀабигӀат берцинав, намус бацӀцӀадав, битӀараб гурого бицунарев, киналго квешал гӀадатаздасаги рекъечӀеб хьвадиялдасаги вацӀцӀадав вукӀана. КӀикъого сон барав мехалъ Аллагьас гьев Авараглъун гьавуна, расуллъунги витӀана. Гьев Аллагьасул аварагги расулги вукӀин лъазе Аллагьас гьесие гӀемерал мугӀжизатал кьуна: моцӀ хъвалхьи, лъималаз, рухӀ гьечӀел жалаз, хӀайваназ Аллагьасул расул вугилан нугӀлъи гьаби, килщаздаса бодуе гӀураб лъим бакки ва гь. ц. Гьесие кьурал мугӀжизатазул бищун кӀудияб мугӀжизат ккола хирияб Къуран. Аллагьасул рахъалдаса Жабраилас босун бачӀун дагьдагь ккун къоло лъабго соналъ гьесде рещтӀана Къуръан. Гьес Аллагь цо гьавиялде, ай Аллагьасул диналде къоло лъабго соналъ халкъ ахӀана. Гьесул дин гьукъизеян абун мушрикиназги, мунафикъзабазги, ягьудиязги, насраниязги гӀемераб дандечӀей гьабуна. Гьесги гьесул асхӀабзабазги Аллагьасул диналъе гӀоло гӀемераб сабру гьабуна. Гьездаги капурзабаздаги гьоркьор рагъал ккана. ГӀараб чӀинкӀиллъиялда Ислам тӀобитӀун хадуб дунялалдаго тӀобитӀизе гьебги биччан камилаб куцалда гьеб дин халкъазда малъун гӀумруялъул лъабкъоялда лъабго сон тӀубан хадуса гьев хвана, Мадинаялда вукъизеги вукъана. [1]
|
||||||||||||||||
Аварагасул наслу-насаб[хисизабизе]
МухӀаммад авараг, гьесул эмен ГӀабдуллагь, цинги ГӀабдулмутӀалиб, Гьашим, ГӀабдулманаф, Къусаййу (Къусай), Килаб, Муррат, КагӀбу, Луаййу (Луай), Гъалиб, Фигьру (Фигьр), Малик, Назр, Кинанат, Хузаймат, Мудрикат, Ильяс, Музар, Низар, МугӀад, ГӀаднан.
МухӀаммад аварагасул эбелалъухъан умумузул тартибалъул бицани, гьев ккола Аминатил вас, Аминатги ккола Вагьбил яс, Вагьбу ккола ГӀабдулманафил вас, гьевги – Зугьратил вас, Зугьратги – Килабил вас. Гьев Килабилъ хирияв Аварагасул эбелалъулги инсулги кӀиябго насаб жубала. Гьаб ккола, тарихалъул гӀалимзабиги насаб лъалел гӀалимзабиги – киналго тӀад рекъараб, гьесул умумузул тартиб. Гьаниса тӀадехун рехсараб насабалда сверухъ хилаф буго. Амма киналго тӀадрекъараб хӀукму ккола МухӀаммад аварагасул насаб Ибрагьим аварагасул вас ИсмагӀил аварагасда хурхараб букӀиналда. Гьесул киналго умумул рукӀана тавхӀидалда, ай, Аллагь цо гьавулеллъун, хъанчие лагълъи гьабулареллъун. («ФатхӀул гӀалам» т. 1, гьум. 152). Гьесул умумул, инсухъан рукӀа, эбелалъухъан рукӀа, киналго рукӀана жидер заманалъул бищун къимат-къадру бугел, заманалда рекъон, шаргӀияб магьари лъун гурого, жал данделъичӀел, зина гьаби гӀадал квешал пишабаздаса жал цӀунарал. Хириясул хӀадисалда буго: «Дун загьирлъана никахӀалдалъун, дун загьирлъичӀо зинаялдалъун, Адамидаса байбихьараб дир эбел-инсухъе щвезегӀан дун, умумуз магьариги лъун, загьирлъана» - абун (Ибну ГӀадди, ТӀабарани).
Хирияв Аварагасул инсухъан тартибалъул хӀакъалъулъ дагьаб гӀатӀидго:
- 1. ГӀабдуллагь къурайшиязда гьоркьов бищун берцинав чиги, бищун инсуе вокьулев васги вукӀана.
- 2. ГӀабдулмутӀалиб вукӀана, цо жо ккани, къурайшиял жиндихъе кӀанцӀулев, гьезда гьоркьов хирияв, къимат-къадру бугев, мискин-пакъирзаби кваназарулев, хӀатта, магӀарде унгицин хӀанчӀазе кваназе жо балев, гӀаракъи гьукъулев, зулму гьукъулев, къурайшиязда гъорлъ гӀакълу-лъай цӀикӀкӀарав къадруяв чи.
- 3. Гьашим вукӀана къварилъи-гӀатӀилъи ккараб заманалда кидаго ракъарал гӀадамал мискин-пакъирзаби кваназарулев. Гьесул гьурмада МухӀаммад аварагасул нур букӀана, жиндие къурайшиял мутӀигӀалги вукӀана, гьесул берцинлъиялде балагьун гӀадамаз гьесда Маккаялъул моцӀилан абулаан.
- 4. ГӀабдулманаф вукӀана цӀакъго берцинав чи, гьесде БатӀхӀаалъул моцӀилан абулаан гӀарабаз.
- 5. Къусаййу вукӀана къурайшиязул тухум-кьибил цолъизабулев, гӀадамазе гӀаракъи гьукъулев, гьезие лъикӀалдалъун вагӀза гьабулев, камилав чи.
- 6. Килаб – бахӀарчияв, гьабиги рачун, кидаго чанаве унев чи вукӀана.
- 7. Муррат – тушбабаздаса бергьунев, къимат-къадру бугев чи вукӀана.
- 8. КагӀбу – жиндирго къавмалъе вагӀза-насихӀат гьабулев, нахъа загьирлъизе вугев Аварагасул бицен гӀемер гьабулев чи вукӀана.
- 9. Луаййу – гӀодове виччан, ургъун жо гьабулев чи вукӀана.
- 10. Фигьру – ворхатав, къвакӀарав, гӀадамазул хӀажат цӀехон, гьеб тӀубалев чи вукӀана.
- 11. Малик – гӀарабиязул хан гӀадав чи вукӀана.
- 12. Назар – гьумер гвангъарав, гьайбатав чи вукӀана.
- 13. Кинанат – гӀумру эхеде бахарав, къадру кӀудияв, жиндихъе гӀарабиял хьвадулев чи вукӀана.
- 14. Хузаймат – халкъалда гьоркьоб рекъел-маслихӀат гьабулев, къадру кӀудияв чи вукӀана.
- 15. Мудрикат – кинабниги тӀадегӀанлъи, чӀухӀи щварав чи вукӀана. Жив тӀаса вищарасул – Аварагасул нурги гьесулъ загьирлъун букӀана.
- 16. Ильяс – бергьараб берцинлъи бугев, гӀарабиязда гьоркьов цӀакъ къадру кӀудияв, жинда дандбан гурони, гьез хӀукму къотӀуларев чи вукӀана.
- 17. Музар – жиндир берцинлъиялъ ракӀал тӀаде цӀалев, гьаракь берцинав, гӀакъилаб каламалъул чи вукӀана.
- 18. Низар – тӀоцебе гӀарабиязда жаниб хъвай-хъвагӀай гьабурав, гьавураб къоялъги МухӀаммад аварагасул нур жиндир гьурмалъ бихьулев чи вукӀана.
- 19. МагӀад – Бану-Исраилазулгун гӀемерал гъазаватал гьаруна гьес. Кидаго, бергьенлъигун гурони, тӀадги вуссунароан.
- 20. ГӀаднан – гӀадамазул, жиназул зарал ккеялдасаги бер ккеялдасаги цӀунарав чи вукӀана. [2]
Аварагасул хIадисал[хисизабизе]
Аварагасул хIадисал ккола МухIаммад аварагас бусурбабазда кIалалъ абурал, ялъуни квералъ бихьизабурал, ялъуни гьабулесда тIад рекъон/рекъечIого ишарат гьабураб фигIлу ялъуни къавлу. Цо-цо кIвар бугел Аварагасул (гIалайгьи ссалату ва саллам) хIадисал:
- «Бусурманчи бусурманчиясул вац вуго, гьесда зулмуги гьабиларо, гьев гьересиги гьавиларо гьесда гьересиги бицинаро, гьесие хIилла-макроги гьабиларо, гьев басраги гьавиларо».
- «Вореха нужоца ритIарал вацал ккве. (ай ритIарал лъикIал гIадамалгун гIодор чIа)».
- «Гьобол гьечIев чиясулъ щибго лъикIлъи гьечIо».
- «Гьоболасул хIакъ тIубай тIадаб буго кинавго бусурманчиясда».
- «Гьабураб къотIи лъикI гьабе (ай гьеб тIубай) бусурманчиясул иманалдасан буго».
- «Аллагьасе бищун бокьулеб хабар, бищун битIараб хабар буго».
- «Вореха нужоца нахъасан гаргадун гъибатги гьабуге, цоцазул хабар цоязде босун мацIги гьабуге».
- «Вореха дуца тIадчIей гьабе битIараб жо бициналдаги, гьабураб къотIи тIубазабиялдаги, божилъи гьабураб жо цIуниялдаги, гьеб бугелъул аварагзабазул васият».
- «Вореха нужоца рацIцIадал вацалазулгун бухьен цIуне, гьел руго гIодоре риччараб мехалъ берцинлъиги, балагьалдаса цIуниги».
- «Дир умматалъул гьалаглъи кIиго жоялъулъ буго: гIелму тейги, боцIи данде гьабеги».
- «Нуж рукIа лъикIал гIалимзабилъун, гьеллъун рукIинчIониги, гIалимзабазда аскIор гIодоргIаги чIа гьездасан гIелму рагIизе, битIаралде тIоритIизе гIодобегIанаб хъубаб жоялдасан нахъе чIвазе».
- «Аллагьасе щив чиясе лъикIлъи гьабизе бокьани , гьев диналъулъ бичIчIи бугевлъун гьавила ва битIараб нух ракIалде рехизе гьабила».
- «ГIалимзаби аварагзабазул ирс босарал чи руго».
- «Иман гIицIго бугеб жо буго, гьелъул ретIел Аллагьасукьа хIинкъи буго, гьелъул берцинлъи нич– намус буго, гьелъул пихъ гIелмуги буго».
- «ГIибадат гьабулев чиясда данде ккун гIалимчиясул хиралъи, дир асхIабзабазде данде ккун дир хиралъиялда релъун буго».
- «ГIибадат гьабулев гIалимчиясул хиралъи, гIибадат гьабулев муъминчиясдаса 70 нухалъ цIикIкIараб буго».
- «Щив чи лъугьаниги гIелму тIалаб гьабулеб нухде, Аллагьас гьев лъугьинавила алжаналде унеб нухде».
- «Радал вахъун цо гIелмуялъул рагьу-бутIа лъазаби лъикIаб буго, нусго ракагIат как баялдаса».
- «Чияс лъазабулеб гIелмуялъул цо рагьу лъикIаб буго гьесие, дунялалдасаги, гьениб бугебщинаб жоялдасаги».
- «Жагьил чиясе рекъоларо жиндирго жагьлуялда вуцIцIун чIезе, гIалимчиясеги рекъоларо жиндирго гIилмуялда вуцIцIун чIезе».
- МагIаз асхIабасда Яманалде витIулеб мехалъ Аварагас абуна: «Аллагьас мун сабаблъун цIохIо чи битIараб нухалде тIовитIи лъик1аб буго дуе, дунялалдасаги, гьениб бугебщинаб жоялдасаги» – абун.