Перейти к содержанию

МухӀамад НурмухӀамадов

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
мугIалим
1960(1960)
Дагъистан
p27

МухӀамадханил МухӀамад НурмухӀамадов (гь. 1960 соналда Гумбет мухъалъул Гьарадерихъ росулъ) - 2003 соналдаса нахъе ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталъул Дагъистаналъул мацӀазул цӀирагьараб кафедраялъул бетIерлъи гьабулев.

Гьавуна 1960 соналда Гумбет мухъалъул Гьарадерихъ росулъ.

1978 соналда лъугӀизабуна Гъоркьинхо гьоркьохъеб школа ва гьебго соналъ цӀализе лъугьана ДГУялъул филологияб факультеталъул Дагъистаналъул ва гӀypyc мацӀазул бутIаялде.

1983 соналда, багIараб дипломгун гьебги лъугIизабун, цӀализе лъугьана ЦIадаса ХӀамзатил цӀаралда бугеб ДГIЦалъул МацIазул, адабияталъул ва тарихалъул институталъул аспирантлъун. ЦӀунана филологиял гӀелмабазул кандидатлъун вахъине диссертация.

1998 соналда щвана доцент абураб гӀелмияб цӀар.

1987 соналдаса нахъе хӀалтӀулев вуго ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталда.

2003 соналда вищана ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталъул Дагъистаналъул мацӀазул цӀирагьараб кафедраялъул заведующийлъун[1].

  1. ^ "Биографическая справка. МухӀамад НурмухIамадов". Архивация оригинал (2015-08-10). Щвей 2015-01-06. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)